Аслияб гьумералде

Чилъи жиндилъ бугеб

Чилъи жиндилъ бугеб

Чилъи жиндилъ бугеб

Дунял-ахираталъул талихI жидее хъварал муъминзабазе, гьабураб сипаталдаса буго, гьел ругин жидеца гьабураб къотIиги букIине кколедухъ аманатги тIубазабулел чагIиян абун. Аманат тIубаялъ щвей гьабула кинабниги дунялалъулги ахираталъулги ишазде.

ГIадамазул хIакъ ва аманат тIубазаби исламалъул тIабигIатаздасан бищун кIудияб буго. Гьеб буго Аллагьас ﷻ зобал-ракьал мугIрул-щобазде тIаде росиялдалъун бакка-бахъи гьабидал, гьезги тIаде босичIеб, инсанас къабул гьабураб гIамал.

Гьеб тIубазабиялдалъун Аллагьас ﷻ нилъеда амру гьабуна сурату «Нисаалъул» 58-абилеб аяталда: «Аллагьас ﷻ нужеда амру гьабулеб буго аманат гьабураб жо тIубазабеян».

ГьитIинаб къоялдасаго аварагас ﷺ гьелдалъун сипат ккуна. Къурайшиязда гьоркьов «ритIухъав амин» абун тIокIцIаралдалъунги машгьурлъана гьев ﷺ. Авараглъун ﷺ витIун хадуб тушманлъун жидеца ккуниги, гьез гьеб сипат аварагасдаса ﷺ тIаса инабичIо.

Аманат тIубазаби гьабуна аварагас ﷺ чиясул иманалъе ва берцинаб тIабигIаталъе далиллъунги. Анас-асхIабидасан бицана: «Нижедехун аварагас ﷺ калам гьабулароан, «Аманат тIубазаби гьечIев чиясулъ иман гьечIо ва къотIи тIубазабуларесулъ динги гьечIо», - ян абун гурого. Гьединго гьеб букIана хIажжатул-вадагIалда аварагас ﷺ гьабураб васиятазул ахирисебги. Гьеб тIубазабиялъулъ руго чанго батIиял тайпаби.

ГIибадат гьабиялъулъ аманат тIубай

Гьеб буго как бай, кIал кквей, эбел-инсуе лъикIлъи гьаби гIадал, Аллагьас ﷻ тIад гьабураб жоялда цIакъ бахъиялдалъун тIадчIей гьаби.

Ибну-ГIумарица бицана, аварагас ﷺ цо къоялъ какил бицен гьабунин ва абунин: «Как баялда тIадчIей гьабурасе гьеб нурлъун, хIужалъун ва Къиямасеб къоялъ хвасарлъилъун букIуна. Гьелъулъ тIаса-масалъи гьабурасе рехсаралъул гIаксияб букIуна, Къиямасеб къоялъ гьев къарун, фиргIавн, гьаман ва убаю ибну халафгун цадахъги вукIуна», - ян.

Лугбал цIуниялъулъ аманат тIубай

Бусурбанчиясда лъазе тIадаб буго черх ва лугбал аманат гьабурал жал рукIин, гьесда тIадаб буго гьезда тIадчIей гьабизе ва гьел цIунизе.

Аллагьасул ﷻ ццим бахъунеб бакIалда гьел хIалтIизариларо. Бер - хIарамаб жоялде балагьиларо, гIин - хIарамаб рагIиялдаса цIунила ва гьездаго релълъун цогидал лугбалги. Абу-Гьурайратидасан бицараб хIадис буго: «Бералъги ракIалъги зина гьабула. Берзул зина буго кколареб бакIалде балагьи, рекIел зина буго пикру-хиял гьаби. Гьединлъидал гIавраталъ гьеб я къабул гьабула ялъуни нахъчIвала», - ян.

ЦIунизе кьураб жоялъулъ аманат тIубай

Гьеб буго божилъи гьабун нилъехъе кьураб жо. Гьелъул агьлуялъ нахъбуссин тIалаб гьабидал, нилъехъе кьураб кинниги тIадбуссинабизе ккола. Капурзабазгицин аварагасда ﷺ аскIоб толаан жидерго къайи, мушрикинал ругин абун течIого гьес ﷺ гьеб цIунизе босулаан ва тIадбуссинабунги кьолаан. Гьеб тIубазабиялде муъминзабиги гьесизарулел рукIана.

Гьабулеб гIамалалъулъ аманат тIубай

Гьеб буго жинда тIадаб иш букIине кколедухъ тIубазаби. ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасе ﷻ бокьула нужер цояс гьабулеб иш бищун лъикIаб куцалда тIубазабулеб мехалъ», - ан.

Бича-хисиялъулъ аманат тIубай

Гьеб ккола бичулеб ялъуни босулеб жоялъулъ шаргIалъул нух кквей, бичулес - цIадиро лъеялъулъ, босулес - данде кьолелъулъ.

Жинда цIехезе бугеб жоялъулъ аманат тIубазаби

Гьеб ккола, жиндир кверщаликь ругезул тIалаб-агъаз кин гьабурабали хIакимасда – рагIияталдаса, инсуда – лъимал-хъизамалдаса цIехезе бугелъул, щивав тIад тарас букIине кколедухъ жиндаго тIадал ишал халкъалъе пайдаял рахъазде хIалтIизари ва гьел тIалаб гьари. Инсуцаги, лъимал-хъизамалъе исламияб тарбия кьун, гьел битIараб нухда тIоритIи.

Буго балъго гьабураб загьир гьабунгутIи, бицунеб рагIиялъулъ ритIухълъи цIуни гIадал бакIаздаги аманат тIубай. Гьеб кинабго буго чиясул ритIухълъиялде ва иманалде тIоритIел гьабулеблъун.

БетIергьанас ﷻкумек гьабеги!

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Мунагь теялде рачунел ишал

ГъалатI ккеялдаса инсан цIунарав гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго мунагьалде кколевлъун.   Мунагь гьабиялда цоял къанагIатлъула, цогидал гIемерго даимлъула. Кинниги мунагь гьабиялдалъун инсанасул Аллагьасул ﷻ гурхIелалдаса хьул къотIизе бегьуларо. КигIан захIматал ишазулъгицин...


РухӀияб централда мажлис

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова гӀахьаллъана ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб РухӀияб централда Щулани росдал гӀадамаз гӀуцӀараб шукруялъул мажлисалда. Гьеб тадбир гIуцIун букIана МухӀаммад аварагасул ﷺ цIаралда бугеб мажгиталъуб чIабар...


ЛъикIалъе аслу

Аварагас ﷺ абунин имам Муслимидасан бицун буго: «БетIергьан Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, бацIцIадаб гурони Жинца къабулги гьабуларо. Аллагьас ﷻ муъминзабазде, расулзабазда амру гьабуралдалъун амруги гьабуна “Ва, гьал расулзаби, нужеца бацIцIадаб кванай ва лъикIал гIамалалги гьаре”,...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун жиб кколеб гIелму тIалаб гьабидал, Къуръан рекIехъе лъазабидал, нус-нус тIехь цIалидал, вукIунищха гьев чи Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун? Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ хирияв Аварагасул ﷺ тIабигIатал лъазарун ва жинцагоги гьездаса мисал босун...


ГIолохъанал гIалимзабигун дандчIвана ГIолилазул форум

Гьал къоязда Хасавюрт шагьаралда тӀобитӀараб, Саидбег Даитовасул цӀаралда бугеб къецалда бергьарал гӀолохъанал гӀалимзабазегун хӀафизазе гьоболлъи гьабуна Дагъистан республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Данделъиялда шайих АхӀмад-афандица баркана щварал бергьенлъаби ва бицана диналъе...