Аслияб гьумералде

Машгьурлъигун цадахъ…

Машгьурлъигун цадахъ…

Гьаб заман буго, киназулго гьечIониги, гIемерисезул, гIумрудулъ лъугьунебщинаб киназдаго бихьулеб бакIалда, ай социалиял гьиназда лъолеб. Цо-цояз жидерго хъизам-лъималазул сураталгун баяналцин лъун рукIуна. Амма гьедин гьабулел кантIулел гьечIо гьеб сабаблъун жидеда ва лъимал-хъизамазда бер ккезе ва сихIру гьаби гIадал жал щвезе рес букIиналде.

Бицен гьабила бер ккеялъул ва гьелдаса цIуниялъул хIакъалъулъ. ГIабдуллагь ибну ГIабасидасан бицараб аварагасул хIадисалда буго: «Бер ккей унго-унгояб жо буго, хIукму хисизабизе кIолеб жо букIарабани бер ккеялъ гьеб хисизеги гьабилаан…», - ин (Муслим). Цоги хIадисалда буго: «Аллагьасул къадаралдалъун хвей гуреб хIисаб гьабуни, дир умматалъул холезул гIемерисел бер ккеялдалъун хвелаан», - абун (Бухари).

Бер кин кколеб?

Гьал хIадисаздаса нилъее баянлъулеб буго бер ккей хIакъаб, жиндаса цIуни гьабизе кколеб жо букIин. Гьединлъидал, тIоцебесеб иргаялда, сундалъун гьеб ккезе рес бугебин абуралъул хIисаб гьабилин. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб хIадисалъул баян хал гьабулаго, ибну Жавзица хъван буго: «Бер ккей лъугьине бегьула цо бихьараб жоялъухъ гIищкъуялдалъун балагьидал, хIасад гьабиялдалъун яги жинде балагьарасе зарал ккезе бокьиялдалъун…», - ан.

«Нигьаят» абураб тIехьалдаги рехсолеб буго: «Бер ккезе рес буго цояв цогиясде тушманлъиялъулаб яги жахIдаялъулаб балагьиялдалъун, жиб сабаблъун жинде бер ккаравги унтулеб», - ян.

Кинаб дару гьабилеб?

Бер ва сихIру бахъизе щал гIамалал хIалтIизарилел абураб суалалъул цIех-рех гьабулаго ибну ХIажарица хъвалеб буго гIалимзабазул цо пикру кканин гьелъие Къуръаналдаса аятал, Аллагьасул цIаралгун сипатазда хурхарал дугIабигун зикраби хIалтIизари бегьиялъе. Жал абиялдалъун гьеб гьабулесул игIтикъадги Аллагьасе бокьиялдалъун гьез кумек гьабилин абураб букIун. Гьелги гIараб мацIалда гурелги, жидедаго бичIчIулеб мацIалда хIалтIизаризеги бегьилин.

ГIаишатица бицунеб буго цо нухалъ жий унтун йикIаго пуланай чIужугIаданалъ дие бер ккеялдаса, сихIруялдаса дару гьабулелъул тIаде вачIарав аварагас гьелда абунин дару Аллагьасул тIехьалдалъун (Къуръан) гьабеян. Бер ккезе бегьула лъикIав чиясдасаги. Мисалалъе, гIисинал лъималазде гIащикъаб балагьиялъ гIемер ралагьиялдалъун эбел-инсул ккола гьезда бер, рослъади цоцазда гьайбаталлъун рихьиялъ ккола. Щайин абуни, гIорхъалъа араб рокьиялъ квешаб асар гьабулин буго.

Щиб гьабилеб?

«Аллагьасул къадаралдалъун хвей гуреб хIисаб гьабуни, дир умматалъул холезул гIемерисел бер ккеялдалъун хвелаан», - абун (Бухари)

ГIажаиблъизарулеб жо, гьумер, черх берцинал чагIи яги гьайбатаб лъимер бихьараб мехалъ бер ккунгутIизе рекъараб буго «Машааллагь, ла хIавла ва ла къуввата илла биллагь» яги «Табаракаллагь» абун Аллагьасул цIар хIалтIизабизе. Гьединал рагIаби хIалтIизариялдалъун ТIадегIанас бералъул квешаб хIал свинабула.

Аварагасги абун буго: ХIадисалда абулеб буго: «Диналъул вацасулъ яги нужелъго кинаб бугониги хIикматаб жо бихьани, нужеца Аллагьасда гьаре баракат. Бер ккей буго хIакъаб жо», - ян (АхIмад). «ЦIуни гьарун нуж Аллагьасухъе рорта», - ян буго цогидаб хIадисалда (ибну Мажагь). Цогиги, бер ккеялдаса цIунизелъун аварагас асхIабзабазда малъулеб букIараб ккола Аятул курси, кIиябго къулагIузаби цIали. Гьединго руго хассал дугIабиги.

Цо-цо дугIаби

Аварагас ХIасание ва ХIусение цIуни гьарун гIемер такрар гьабулеб букIараб:

أُعِيذُكُمَا بِكَلِمَاتِ اللَّهِ التَّامَّاتِ مِنْ كُلِّ شَيْطَانٍ وَهَامَّةٍ وَمِنْ كُلِّ عَيْنٍ لامَّةٍ

«УгIизу кума би калимати Ллагьи ттаммати мин кулли шайтIанин ва гьамматин ва мин кулли гIайнин ламматин» абураб.

МагIна: «Дица нуж цIуни гьарула ТIадегIанав Аллагьасул тIубараб, камилаб калимаялдалъун (гьел рагIабаз нуж цIунизе), киналниги шайтIабаздаса ва заралалдаса, гьединго кинабниги квешаб бералдасаги», - ян. Гьезул хIакъалъулъги абуна: «Гьал рагIабаздалъун нужер кIудияв инсуца (Ибрагьим авараг) Аллагьасда цIуни гьарулаан ИсмагIилие ва ИсхIакъие», - ян (Бухари).

Бер ккечIого букIине цIализе лъикIабин дугIа рехсолеб буго «ИгIанату ТIалибин» абураб тIехьалда. Хадуб хъвалебги буго: «Эбел-инсуе бегьулин гьаб дугIа жидер лъимал цIунизелъун цIализеги», - ян. Гьеб дугIаги буго:

حَصَّنْتُكَ بالحَيِّ القَيُّومِ الّذي لايَموتُ أبَدَاً ودَفَعْتُ عَنْكَ السُّوءَ بِأَلْفِ أَلْفِ اَلْفِ لا حَوْلَ و لا قُوَّةَ إِلا باللهِ العَليِّ العَظِيمِ

«ХIассантука бил ХIаййил Къаййуми ллази ла ямуту абадан ва дафагIту гIанка ас-суа би алфи алфи алфи ла хIавла ва ла куввата илла би Ллагьил ГIалиййил ГIазими»

МагIна: «Дица мун щула гьавула Жив ЧIагояв, Абадияв, киданиги Холаресдалъун, дудаса квешлъи нахъеги босула аза-азар “Сундениги хIалкIвей гьечIо Жив ТIадегIанав Алллагьасдалъун гурони” абурал калимаби абиялдалъун», - абураб.

Аварагас абунин ГIусманасхIабасдасан бицун буго: «Лъабго нухалъ гьал рагIаби щибаб къоялъ, ай радалги къасиги рехсарав чиясе сунцаниги зарал гьабиларо. Гьел рагIабиги руго:

بِسْمِ اللَّهِ الَّذي لاَ يَضُرُّ مَعَ اسْمِهِ شئ فِي الأرْضِ وَلا في السَّماءِ وَهُوَ السَّمِيعُ العَلِيم

«Бисми Ллагьи ллази ла язуру магIа исмигьи шайъун фил арзи ва ла фи с-самаи ва гьува асСамигIул ГIалими».

«Гьединав гьев Аллагьасул цIаралдалъун байбихьула, Жиндир цIаралдалъун байбихьани, зобалазулъги ракьазулъги сунцаниги зарал гьабуларев, Живги кинабго рагIулев ва лъалевлъун вугев», - ан (Тирмизи). Аллагьас кантIи кьеги щивасе ва цIунаги хIажат гьечIел чагIазул бер-кIалалдаса.

Амин!

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


ЦIияб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ къватӀибе биччан буго исламияб лъай кьеялъул бищунго хириял темабазул цояблъун кколеб Лайлатул къадруялъул сардил хиралъабазул бицараб тIехь. Гьелъул автор ккола машгьурав гӀалимчи ва хӀафиз АхӀмад ибн ГӀабдуррахӀим ал-ГӀиракъи. Жиндирго тIехьалда гьес...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГъазимухIаммадова Написат, 8 сон, Кокрек росу. ЗайнулгIабидова ПатIимат, 5 сон. Ражабов Ислам, 4 классалъул цIалдохъан, Ахъайтала росу. Темирукаева Асия, 6...


Къецалъул хIасилал гьаруна

«Религия сегодня: Важные темы» абураб тIехьалда тIасан Казбек районалда, 7-11-абилел классазул лъималазда гьоркьоб, лъазабун букIана къец. Гьелъул хIасилал гьарураб тадбир тIобитIана Ленинаул росдал школалда. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель...


ГӀусманиязул империялда рамазан моцӀ

Ахирал соназда турказул тарихиял сериалазухъ ралагьулел ракьцоязул къадар тIадеялдаса-тIаде цIикIкIунеб буго. ГIемерисез бицуна Эртугрулил, ГӀусманил, МехӀметил ва ГӀабдулхӀамид КIиабилесул хIакъалъулъ.   ГӀусманиязул империялъул турказги кӀвар кьечӀого течӀо рамазан моцӀ. ТӀаде щолеб...


Нахъе къан чIоге

Лъица Аллагьасул диналъул рахъ кквезе ва гьеб цебе бачине кколеб? Гьеб суал буго цIакъ кIвар бугеб. ХIатта гIадатго нилъеца кколин абуниги. Как балел, мажгитазде хьвадулел, диналде гIагарлъизе хIаракат бахъулел чагIи руго, тIоцебесеб иргаялда, имамасдеги, гIелмуялдеги гIагарал чагIи.   Нилъеда...