Аслияб гьумералде

КватIун букIунаро

КватIун букIунаро

Инсан вуго БетIергьанас ﷻ гьабейин абураб нахъбахъун толев, дунялалъул ишазда хадув векерулев вукIунев  тамашаяв чи. Лъазего лъачIого ун батула къо, моцI, лъагIел ва гьелдаго цадахъ лъугIула гIумруги. Гьединлъидал гIумрудул нухазда чиясухъа ккечIого хутIуларо диналъул гIурхъаби рахарал ишалги.

 

Ригьалде вахараб мехалъ кантIаниги, иблисги гьоркьоб хIалтIун, напсалъги мун кватIун вугин абурал пикраби жанире рехун, тавбу къабул гьабизе батиларин абурал пикраби ххенолел рукIуна инсанасул ботIролъ. Амма бегьуларо, кигIан мунагьал гьарурав ватаниги, Аллагь ﷻ тIаса лъугьинин абураб жоялдаса хьул къотIизе ва тавбу гьабунгутIизе. Щайин абуни, гьеб буго рухI босизе ГIизраил жувайдал щокъробе щвелалде гьабуниги БетIергьанас ﷻ къабул гьабулеблъун.

Цо нухалъ кIудияв вали ХIасанул Басриясде аскIове вачIун вуго ункъоялда анцIилъе вахарав чи ва абун буго: «Дун вачIун вуго лъикIаб нухаве вуссиналъул къасдалда тавбугун. Бихьизабе дида битIараб нух», - ан. ХIасанул Басрияс жаваб гьабун буго: «Эмен, мун кватIарасда релълъун вугоха», - ян. Херас абула: «Бакъ жеги тIерхьунеб рахъалдаса баккичIо, тавбуялъул нуцIбиги къан гьечIо. Дун хьулгун вачIун вуго ялъуни хьул лъезе бакIги хутIичIого дун мекъи ккунищ вугев?» - ан. Гьеб мехалда, хIалхисарав гIадинги лъугьун, ХIасанул Басрияс абула: «Гуро, гуро, мун витIарав вуго, эмен, дур хьул къотIунгутIиялъулъ. Унгоги бакъ жеги тIерхьунелъуса баккичIо, тавбуялъул нуцIбиги рагьухъего руго. Бегьулеблъун батани, рачIа кIиясго цадахъ мунагьал чурейин гьаризе. Щиб лъалеб, БетIергьанасдехун ﷻ дур бугеб къотIи гьечIеб хьулалъе гIоло дирги тавбу къабул гьабизе бегьула», - ян. 

Гьаб къисаялдаса нилъеда бихьулеб буго кинаб ригьалде вахарав чи вугониги, гьесул тавбу къабуллъиялдасаги мунагьал чуриялдасаги хьул къотIизе бегьулареблъи. Нахъбахъун течIого тавбу гьабизе ккола чияс рес рекъанщинахъе. Щайин абуни, бакъги жиб тIерхьунеб рахъалдаса баккун гьечIелъул, тавбуялъул кавабиги рагьухъего ругелъул, гьеб мехалде щвезегIан Аллагьги ﷻ лагъасул тавбу къабул гьабулевлъун вугелъул. Аварагас ﷺ абун буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ магърибалъул рахъалда (бакътIерхьул) гьарун руго тавбу къабул гьабулел каваби, жидер гIеблъиги лъабкъоялда анцIго сон рилълъанхъун унеб манзил бугеб. Гьел къазе гьечIо гьенисан бакъ баккизегIан», - ин (Тирмизи). Гьединлъидал, гьаб заманги цIеда тIад гьалдолеб хьагалда релълъун, киб хвалили лълъар гьекъезе ккелебали лъалареб бугелъул, рекъараб буго радал-къад тавбу гьабун, гьелда даимлъизе.

Цоги, нилъеда лъазе ккола гьабулеб гIибадаталъулъги аслияб, Аллагьасде ﷻ унеб нухалъулъги жиндалъун байбихьизе кколеб тавбу букIин. Тавбу гьабун, чияе бугеб хIакъ тIубан хадуб гурони БетIергьанасги ﷻ нилъер гIамал къабул гьабуларо. Гьеб гьабун вачIарав Аллагьасеги ﷻ вокьула. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Аллагьасе ﷻ тавбу гьабун руссарал ва рацIцIалъи тIалаб гьабулел чагIи рокьула», - ян (суратул «Бакъара», аят 222).

Гьединлъидал бищун кIвар гьабизе кколезул цоябги ккола ракIбацIцIадго тавбуялдалъун дару гьабун напс къачIай. Аллагьас ﷻ нилъ гьеб къабул гьабуразда гъорлъе ккезареги.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...