Аслияб гьумералде

ЖамгIияталъе пайда

ЖамгIияталъе пайда

ЛъикIаб иш гьабиялдалъун инсанас жиндиего гуребги, жамгIияталъеги пайда гьабула. ЛъикIаб иш гьабидал разилъизеги бачIуна, ракIги боххула. Гьабураб лъикIлъи гIададаги холаро. Аллагьасдаги кIочон толаро лъикIлъи гьабулел. Ракьалда лъикIлъи бекьулев, хIакъикъаталдаги талихIав чиги вуго. Жакъа дунялалда щвечIониги метер ахираталданиги гьелъухъ шапакъатги щола. Гьедин хъван бугелъулха хирияб Къуръаналда.

 

Цо гIакъилав чияс хъвалеб буго дуде тIаде бегараб ургъел батани, мун пашманго ватани, хIалбихьийин къварилъиялда вугесе кумек гьабизе, вакъарасе тIагIам кьезе. Духъаго бажарулебщинаб гьабейила ва дуда бихьилила рекIее лъугьунеб бигьалъи. ХIакъикъат гьединаб буго, пикру гьабуразда гурони гьелъул тIагIамги лъаларо.

Мунагьазул бакIаб гьиргун ахираталде арай пуланай гIадан алжаналде арайила къечалъ холеб букIараб гьведуе лъим кьуралъухъ.  Аллагьасе гIоло лъикIлъи гьабурав Аллагьасдаги кIочон толаро.  Къуръаналда бугелъулха, БетIергьанасе лъикIлъи гьабулел рокьулин.  ХIакъаб жо, захIмалъи-къварилъиялда хадуб гIатIилъи-бигьалъиги бачIуна. КигIанго цIакъ сордо халалъаниги, дунял рогьинчIого чIоларо. Рухьен къарабгIан гьеб тIечIого хутIуларо.  МагIу хисула гьимиялъ, пашманлъи – роххалица.  Гьаб буго тирулеб, хисулеб дунял. Кида-къадги щибаб жо рукIалиде ккечIого хутIуларо, къваригIунеб жо буго, Аллагьасде мугъчIвайги гьабун,  гIицIго сабуралда рукIин. Сабуралъул тIиналдайин батулеб тIогьол майдан.   

ГIакълу бугев чиясухъа бажарула  жиндиего ккараб зарал хайиралде буссинабунги. Маккаялдаса нахъе ине ккун, Мадинаялде гочарав МухIаммад аварагасухъа ﷺ  бажарана гучаб пачалихъ гIуцIун. Аллагьасул хIукмуялдалъун гьесухъа бажарана квешлъи лъикIлъиялде буссинабун.  ГIакъуба-гIазаб чIамизе ккаразул гIемерисел, жидерго ишаздалъунги цIигьарияздалъунги машгьурлъана. Къварилъабазул цIураб лълъар гьекъарал шагIирзабазги хъвадарухъабазги хъвана гIаламалъего асар гьабурал асарал.

Лъица бугониги лимон кьуни, чакарги бан тIаде лъим тIуни, гьелъул лъугьуна гьекъезе гъира балеб гьайбатаб лъамалъи. Гьелъухъего, хIаракат бахъе, гIакълуялда квелъги бан, сабуралдаги чIун, тавакалалъул чодаги рекIун квешлъи лъикIлъиялде буссинабизе.

Роза тIегьалъул хIобода рукIуна зазал. Амма гьелъул тIарада батула ракI тIаде цIалеб берцинаб тIегь. ТIадегIанав Аллагьасул Каламалдаги бугелъулха (магIна): «Цо щиб бугониги батизе рес буго нужер ракIкъалеб, амма гьеб буго нужее пайдаяб ва лъикIаб», - абун.

Аварагасул хIадисалдаги буго: «Ризкъиги гIатIилъизе гIумруги халалъизе бокьарав чияс жиндие квешлъи гьабуразеги лъикIлъи гьабе», - ян.

ГIурусазул хъвадарухъан Антон Чеховасул цо хъвай-хъвагIаялда руго гьадинал мухъал: «Жиндирго рухI хвасарлъиялъул мурадалда бусурбанчияс нахъе тола жинцаго бухъараб гъуй, бахъараб ицц. ЛъикIаб букIинаан щивав чиясги гьединабго ицц, школа ва цогидабги, ай халкъалъ абадиялъ пайда босулеб жо нахъе танани. Гьелъ бихьизеги гьабилаан гьаб ракьалда дуца гIадада гIумру тIамичIолъи», - ян.

Чеховасул бицен ккун букIаго абила, гьаб ракьалда 44 сонги бан ана гьев ахираталде. 20-гIан соналъ унтун вукIана туберкулезалъ. Къокъабго гIумруялда жаниб, тIадежоялъе туберкулезалъ унтарав чияс, ракьалда тана цIакъго гъваридаб лъалкI. Дунялалда гIумру гьабун ругел гIемерисел халкъазул мацIазде руссинарурал тIахьал хъвай гуребги, гьес гIемераб хIалтIи гьабуна жамгIиял ишазулъги. Масала, ункъо росулъ рана школал, жиндирго гIагараб Таганрог шагьаралда гIуцIана жамгIияб библиотека ва 14 соналъ гьеб хьезабуна тIахьаздалъун. Мелиховалда гIумру гьабун вугеб мехалда, тохтур хIисабалда, гьес сах гьавуна аза-азар векьарухъан, вабаъ багъарараб заманалда хъулухъ гьабуна 25 росдае. Живго лъикIав лъугьун ана  Сахалиналде, хъвай-хъвагIай гьабуна гьенир гIумру гьабун ругел гIадамазул ва «Сахалин чIинкIиллъи» абураб тIехьги къватIибе биччана. Добго Мелиховалда чIана азаргоялдасаги цIикIкIун жагадул гъветI, гIицIаб авлахъалда батIи-батIиял гъутIби чIун гIезабуна рохь, гьединго гIемерал гъутIби чIана Крымалда.

Гьайгьай, гьадинал мисалал гIемерал рехсезе бегьула. Гьединал чагIи нилъеда гьоркьорги ругелъулха. Гьелги ккола, хIакъикъаталдаги, жидеда талихI батарал, талихIалъул къимат гьабизе лъарал гIадамал.

 

ГIамал

Нилъеда гьоркьорги руго гIезегIан ракьалда лъикIлъи бекьулел гIадамал. Амма гьединал рихьуларо, рихьизелъун, цIар рагIизелъун яги жидеего цо щиб бугониги щвезелъун гьединаз хIалтIиги гьабуларо. Гьез лъикIлъи бекьула Аллагьасе гIоло, гьединазул лъалкIги ракьалдаса киданиги тIагIунаро.

 

 

МухIамадхIабиб МахIатIов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ЛъикIазулгун гьалмагълъи гьаби

Гьудул-гьалмагълъи лъи-кIасулгун гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ гIемер бицуна имамзабаз мажгитахъ гьарулел вагIзабазда, гIалимзабазул мажлисазда. Гьебги гIадахъ босун лъикIал гIадамазулгун цIикIкIараб гьоркьоблъи гьабизе хIаракатги бахъула гIемерисев чияс. ХIакъикъаталдаги кутакалда лъикIаб, беццараб...


ЛъикIалъе аслу

Аварагас ﷺ абунин имам Муслимидасан бицун буго: «БетIергьан Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, бацIцIадаб гурони Жинца къабулги гьабуларо. Аллагьас ﷻ муъминзабазде, расулзабазда амру гьабуралдалъун амруги гьабуна “Ва, гьал расулзаби, нужеца бацIцIадаб кванай ва лъикIал гIамалалги гьаре”,...


Рецц-бакъ гьабизе бокьи

Бахчараб ширкин абулеб гIамал ккола лъикIал гIадамазда бихьизелъун, гIамалал рихьизелъун, халкъалъ рецц гьабизелъун гьабулеб ишалда. Гьеб рекIел унтиялъ инсан вачине бегьула ахираталда кири щвеялдаса махIрум гьавиялде, гьабураб гIибадат чIобогояб, пайда жиндаса щвечIеблъун гьабиялде.   Гьеб...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун жиб кколеб гIелму тIалаб гьабидал, Къуръан рекIехъе лъазабидал, нус-нус тIехь цIалидал, вукIунищха гьев чи Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун? Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ хирияв Аварагасул ﷺ тIабигIатал лъазарун ва жинцагоги гьездаса мисал босун...


Суал-жаваб

МагIарухъ цIад балеб мехалда, гонгидаса чвахараб лъим данде гьабула ва рокъоб къваригIаралъе хIалтIизабула. ТIохда хIанчIазул рак камуларелъул, лъазе бокьилаан гьединаб лъим черх чуриялъе, какичуриялъе хIалтIизабизе бегьулищали? ШафигIил мазгьабалъул машгьурав гIалимчиясул «ХIашиятул Къалюби...