Аслияб гьумералде

ГIакълабазул гъамас

ГIакълабазул гъамас

Къойида жаниб цониги лъикIаб рагIи рагIани, цониги лъикIаб гIамал бихьани ва жинцаго цониги лъикIаб иш гьабуни, абизе бегьула гьев чиясул къо гIадада инчIилан.

***

Хъулухъалда вукIаго ракIалда чIезабе кIиго хIакъикъат: «РитIухълъиялъулъ загьирлъула гIакъиллъи. ХъантIи гьечIолъиялъ борхизабула къадру». Рокъове тIадвуссиндалги ракIалда чIезабе кIиго хIакъикъат: «Рази-ракиго вукIиналъулъ батула рахIат. ЦIуна-къаялъ гьарза гьабула боголъи».

***

Эбел-эмен лъималаздаса къадруял рукIуна. Амма жидехъ гIенеккуларел лъималазда цебе гьезулги чилъи хола.

***

Гьудуласухъе индал гьесул лъималаз бицуна дуда мун гьесие хIажат вугищ яги гьечIищали. Лъимал данде рортун рачIани, гьудулас дур хIурмат гьабулеб буго. РачIинчIони, гьудуласе мун вихьизецин бокьун гьечIо.

***

БугьтанчагIи релълъуна бакъалда цебе бачIараб накIкIуда: гьезда гIемераб мехалъ бахчизабизе кIоларо лъикIлъи. ХIелхIелчагIи релълъуна тIеренабго гьорол хIухьлада: гьел аскIоса тIагIараблъиго лъаларо.

***

Инсанасулъ цогIаги ярагьунеб пикру гьечIони, гьев релълъун вукIуна кидаго гIебеде кверги битIун вукIунев гьардухъанасда. Инсанасул цогIаги бокьулеб иш гьечIони, гьев релълъун вукIуна цо бакIалда эхетараб цIулал хIохьода.

***

Цо кинаб бугониги иш гьабулеб гьечIони, гIакълу тIехIуна. РахIаталдасацин пайда босизе ккола гIакълудал канлъухъе щвезе. Ишалде машгъуллъарал сагIтазги гIакълу тохлъула. ГIакълудал канлъудасаги пайда босизе ккола рахIат щвеялъе.

***

Дурго ракIалде рагIад рехизабуге. Цогидазул рекIел хIалги цебе рехун бихьизабуге. Буголъиялъул къуват лъугIизабуге. Гьаб лъабабго къагIида цIунани, дунялдаги ахираталдаги цадахъ гIумру гьабизе, гIадамазе рахIат, наслуялъе талихI кьезе рес щола.

***

Абу-Дардаица бицун буго, Аллагьасул расулас ﷺ абулеб рагIанин: «Къиямасеб къоялъ тIоцебе цIадирабазда лъолезул берцинал ахлакъалги сахаватлъиги буго. Аллагьас иман бижараб мехалда, иманалъ абуна: «Я, дир Аллагь, Дуца дун къуват гьабе», - ян. Аллагьас гьеб лъикIал ахлакъаздалъун ва сахаватлъиялдалъун къуватаблъун гьабуна. Капурлъи бижидал, гьелъ абуна: «Я, БетIергьан, къуватаблъун гьабе», - ян. Цинги Аллагьас гьеб бахиллъиялдалъун ва квешал ахлакъаздалъун къуват гьабуна».

***

ХIалтIичIого бетIербахъи гьабизе бокьиялъ гьерсихъанлъун ва цIогьорлъун лъугьинавула.

***

Воре, зинаялдаса рикIкIад чIа. Гьеб байбихьула пахрулъиялдаса ва чохьое бокьа-бокьараб гьабиялдаса, амма лъугIула язихълъиялде ккеялдалъун.

***

ЛъикIаб квен бугони - гьалбал гIемерлъула, гIемераб бечелъи бугони – гьудулзаби цIикIкIуна. Амма мун гIодов ккараб къоялъ гьел дуда ратуларо.

***

рукIуна ихдалил баракатаб гьорода. ХIеренго гьеб пуйдал, тIабигIат чIаголъула. Квешал пикраби релълъун рукIуна цIорораб савуял-да. Гьеб тIаде ккедал чIагоябщинаб хола.

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...