Аслияб гьумералде

КантIизе бихьараб

КантIизе бихьараб
ПатIимат ХIасанова

 

 

 

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ щивав чиясе цIараб болжал буго. Гьеб лъугIидал инсанасул рухIги босула, кив гьев ватаниги. Аллагьас ﷻ рухIал росизе тарав ГIизраил малаик щибаб сордо-къоялда жаниб 70 нухалъ балагьулила щивав чиясухъ заман щун бугищали.

 

Школалда цIалулеб мехалда цо мугIалиматалъ абулеб рагIана: «Дунялалъул ахирги ахираталъул авалги Мун разияб, дун йохараб кье, Аллагь!» - абун. Дие кутакаб асар гьабуна гьеб дугIаялъ.

Цо гIалимчияс абулеб рагIана: «Иблисалда бищунго рихараб буго лагъас Аллагьасда хIуснул хатимат гьари, ай лъикIаб хвел гьари», - абун.

Исана февралалъул къояз тIолабго дунял кьерхазабураб ракьбагъари ккана Турциялда. Аза-азар чи хутIана жаниве вуссине мина-рукъ гьечIого. Аза-азар чи хвана, жеги цIикIкIун лъукъа-къотIана. ЧIаго хутIаразул гIумруйин абуним бикьана кIийиде: сониселде ва жакъаселде.

Хваразе шагьидазул даража кьун батиялда ва БетIергьан Аллагьас ﷻ гьел ритIун ккезарун ратиялда божарал руго. Амма Аллагьас ﷻ тохлъукьего тIаде балагьги тIамун хваниги, сонисеб гIумру гьезул шагьидлъи щвелеб гIадинаб букIанадай? Гьанже балагье нилъехъго. РакIалищ иманалъул цIун ругел, чурхдулищ исламалда рукIун лъадарун ругел? Аллагьас ﷻ гьединаб тохаб балагь тIаде тIамуни, ахираталда дандчIвай гьабизе хIадурго ругищ нилъ? Кинниги Аллагьасул ﷻ гурхIел-цIоб гIатIидаб, нилъер гIакълу нахъгIунтIуларебгIан кIудияб бугелъул, божи буго Гьес ﷻ рехун теларин абураб.

Аллагьасул гурхIел-цIобалъул бицунеб, бихьаразул ракIал гIодулел лъугьа-бахъиналги гIемер ккана Турциялда. Кумекалъе рачIараз исламияб дин босиялъул хIужабиги ккана. Амма бищунго Аллагьасул ﷻ хIикматалда тIад ургъизе тIамулеб, Гьесул ﷻ кIодолъи-къудраталъе капуралги мукIурлъулеб лъугьа-бахъин ккана ракьбагъари ккун щуабилеб къоялъ. Хвасар гьарулезул къокъаялда гъорлъа цояс бицана: «Биххараб мина дагIагьине бакIаб техникаги ахIун хIадурлъулел рукIана ниж. Риххарал бакIазда гъоркьан щибго сас букIинчIо. Техника хIалтIизе биччалелъул, нижеда аскIое ячIана цо чIужугIадан. Гьелъ абуна: «Нужеца гьаб гуреб, дагьаб добегIан бугеб бакI бухъе. Гьениб биххараб минаялда гъоркь руго дир лъимал, гьел хвасар гьаре», - ян. Гьелъ бихьизабураб бакIалда хIалтIизе лъугьана ниж. Ва лъабго метралъул гъварилъуда ратана чIагого кIиго лъимер. Эбелалъухъе лъимал кьезелъун гьей гIадан ялагьизе лъугьана ниж. Амма гьей кийго ятичIо. Нижеца хвасар гьавурав 13 сон барав васас бицана жидер эбел ункъо соналъ цеего хванин», - абун.

Аллагьасул ﷻ хIикмат буго ракьбагъариги. Гьесул ﷻ кIодолъи-къуват бихьизабулеб, гьелде кантIизарулеб. ХIикматалда жанибги хIикмат буго цоял хвараб бакIалда цогидал чIаго рати, чIагоял хвасар гьаризе хварал Аллагьас ﷻ ритIи.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...