Аслияб гьумералде

Иблисалда релълъун рукIунге

Иблисалда релълъун рукIунге

Иблисалда релълъун рукIунге

Абу Гьурайратидасан бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасдаги ﷻ Къиямасеб къоялдаги божулев чияс бице лъикIаб жо яги вуцIцIун чIа. Аллагьасдаги ﷻ Къиямасеб къоялдаги божулев чияс мадугьаласул хIурмат цIуне. Аллагьасдаги ﷻ Къиямасеб къоялдаги божулев чияс гьобол кIодо гьаве», - ян. (Бухари)

 

ХIадисалда рехсарал гьал рагIабаз жанибе бачунеб буго лъабго пиша: ккаралъуб лъикIаб рагIи аби яги руцIцIун чIей, мадугьаласулгун лъикIаб гьоркьоблъи гьаби ва гьоболасе хъулухъги гьаби.

 

ЛъикIаб рагIи яги руцIцIун чIей

Ккаралъуб лъикIаб рагIи абизе бажарулеб гьечIони, руцIцIунгIаги чIолел ругони, гьеб буго бусурбанчиясул иманалъул халгьабулеб бакI. Цогидал хIадисаздаги буго чиясул хасияталъухъ балагьун кьолин бусурбанчиясе къиматин абун. Гьединлъидал, берцинаб къагIидалда рагIи абун бажарулеб гьечIони, руцIцIун чIезе бихьизабун буго. Гьеб кIиябго хIал цIунизе бажарулезул хIакъикъияб иманги букIунин хъвалеб буго хIадисалда.  Щайин абуни, берцинаб рагIи абулез ва (гьеб бажарулареблъиги лъан) руцIцIун чIолез хIажат гьечIеб калам гьабуларелъул. Гьеб хIакъаблъун гьабунги абурал хIадисал ругелъул Аварагасул ﷺ. «Аллагьасул ﷻ лагъасул иман унго-унгояблъун, камилаблъун букIунаро гьесул ракI бацIцIалъизегIан. РакIги бацIцIадаб букIунаро мацI бацIцIалъизегIан», - абун бицун буго АхIмадидаса бачIараб хIадисалда. «Квешабщиналдаса мацI цIунизегIан лагъ ракIбацIцIалъиялде щоларо», - ян буго ТIабаранияс бицараб хIадисалдаги.

Цоги, хIадисалъ нилъее загьир гьарулел руго чанго баянал ва пикраби:

– берцинаб рагIи аби лъикIаблъун букIин руцIцIун чIеялдаса. Щайин абуни, хIадисалда гьеб цебе рехсолеб буго, цебе рехсолелъул кIварги цIикIкIараб букIуна. 

– руцIцIун чIей лъикIаб букIин, магIна гьечIеб, хIажат гуреб калам гьабиялдаса. Щайин абуни, гIалимзабаз абула гIемер кIалъалев чи гIемер мекъи кколин. Аварагас ﷺ абунин ибну ГIумарица бицун буго: «Аллагь ﷻ рехсей гуреб калам гIемер гьабуге. Аллагь ﷻ рехсей гуреб калам гIемер гьаби ракI бицалъиялде гъорлъе ккола. РакI бицаталги Аллагьасдаса ﷻ рикIкIад руго», - абун.

Амма кидалха руцIцIун чIезе ва кидалха кIалъазе кколел абураб жоги бичIчIизе ккола. Имам Къушайрияс хъван буго: «РуцIцIун чIей – хвасарлъи буго. Жидеде кколареб бакIалда кIалъачIого чIей - хIакъикъиял бихьиназул гIаламат буго. Гьединго, абизе ккараб бакIалда рагIи абиги тIадегIанаб хасияталдасан буго. Дида рагIана Абу-Дакъакъица абулеб: «ХIакъаб жо абичIого вуцIцIун чIарав, кIалъазе лъалареб иблисалда релълъун вуго», - ян.

Ккараб бакIалда берцинаб рагIи аби, дунялалъул яги ахираталъул ишазда хурхараб батаниги, чара гьечIеб жо буго муъминчиясе.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги!

 

Мадугьаласул хIурмат цIуни

Мадугьаласул хIурмат цIуни, ай гьесие зарал-зиян гьабунгутIи, лъикIаб рукIа-рахъин бихьизаби, гьесдасан кколел гIиси-бикъинал захIмалъаби раччи, гьесдехун берцинаб тIабигIит бихьизаби.

Цо-цо гIалимзабаз абулеб буго мадугьаллъи кколин щибаб рахъалде бугеб кIикъого рукъ, цогияз абулеб буго, как ахIулев чиясул гьаракь жидеде щолел рукъзабахъ ругел чагIи ругин абун.  

ХIадисалда буго: «ЖабрагIил малаикас дие мадугьаласдехун лъикIаб гьоркьоблъи букIине ккеялъул васиятал гIемер гьаруна, хIатта мадугьалгицин ирсилазда гьоркьов рехселин абун ракIалде ккезегIан», - ян. Ирсилазда гьоркьор бищун цересел гIадамал рукIунелъул, гьедигIанги мадугьал кIодо гьавизе ккей бихьизабуна. «Жиндир заралалдаса мадугьал цIунаравлъун гьечIев чи Алжаналде лъугьунаро», - ян буго Муслимица бицараб хIадисалда. Цоги хIадисалда, лъабго нухалъ гьедун абун буго Бичасул Аварагас ﷺ, инсанас унго-унгояб къагIидаялда Аллагьасда ﷻ иман лъоларин жиндир заралалдаса мадугьал цIунаравлъун гьечIони (Абу-Гьурайрат).

Мадугьалзабигун лъикIаб рукIа-рахъиналда гIумру тIамизе кIвей кIудияб жо буго, жамгIияталъул рухIиялгун гIаданлъиялъулал рахъал церетIеялъе. Гьелъие батIалъиги гьечIо щив ва кинаб диналъул чи мадугьалихъ вугевали. Бичасул Аварагасул ﷺ мадугьал вукIана ягьудияв. Гьесдаса батIи-батIиял рахIатбахъиялги рукIана Аварагасе ﷺ. Ягьудияс щибаб къойил МухIаммадил ﷺ нуцIил кIалтIе кьищни-къул бан батулаан. Бугониги, Аварагас ﷺ гьесдехун берцинаб тIабигIат бихьизабун гурони, данде щибго гIамал бихьизабичIо. Цо къоялъ мадугьалас гIадатияб гIамал гьабун батичIеб мехалъ, Аварагас ﷺ гьесул ахIвал-хIал щиб бугебин абун цIех-рех гьабуна. Мадугьал унтун вукIин баянлъидал, Авараг ﷺ гьесухъе ваккизе ана. Унтараб къоялъ МухIаммад ﷺ ваккизе вачIиндал, хIикмалъарав ягьудияс, МухIаммадил ﷺ Аллагь ﷻ цо гьавиялде бугеб ахIиялъе жаваб гьабун Ислам босана.

 

Гьобол кIодо гьави

АлхIамдулиллагь, нилъер халкъалъе гьобол вачIин хирияб буго, гьесул хIурматги гьабула.

Бицуна Ибрагьим аварагасда абулаанин гьоболлъиялъул эменин абун. Гьесие кутакалда рокьулел рукIун руго гьалбал. Цо-цо мехалъни гьев чанго километралъ рикIкIаде ун хьвадулев вукIун вуго гьалбал ралагьун, гьелгун цадахъ кваназе.

Бусурбаби цоцазе рокьизе ккола унго-унголъун, ракIразиго гьабизе ккола дандиясдехун гIамал, рукIа-рахъин ва яшав. ХIадисалда буго гьеб бугин муъминзабазул хасият, иманалъул камиллъиян. «Нужер иман камилаблъун букIунаро, жиндиего бокьараб жо (диналъул) вацасеги бокьизегIан» (Бухари, Муслим).

Аллагьас ﷻ насиб гьабеги щивасе хIадисазда рехсараб гIамал, Аварагасул ﷺ шапагIат! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...