Аслияб гьумералде

Ва, Адамил лъимер

Ва, Адамил лъимер

Ва, Адамил лъимер

Ва, Адамил лъимер, мун дунялалда разиго вукIуна, бухIигун, цIоройгун, къечгун, гIицIлъиялда цадахъги; дуца ахиратги тола, даимаб рохелгун, хиралъигун цадахъ, рохелгун цадахъ бугеб ахират кьун, ургъелгун цадахъ бугеб дунял босун гьабулеб базаралъул квешлъи.

 

Ва, Адамил лъимер, Дица дуе кьуни дунялалъул боцIи, кинабго кьуниги, дур хьул лъелаан гьедигIан тIадеги бугебанищ абун, дур чехь гIорцIуларо, ракьалдалъун гурони.

Ва, Адамил лъимер, Дица дуе дунялалъул рокъоб, дунялалъул гIадаб гIумру кьуни, ай дунял паналъизегIан чIаго тани, гьеб чIаголъиялъул ахир гьечIо, хвел гурони, дуда гьеб хвел рихуна; дуй чара гьечIо хвечIого, дуца хвел рехсе, дур ракI цIорозе дунялалъул чIаголъи бокьиялдаса.

Ва, Адамил лъимер, дуца лъикIаб гIамал гьабе, гьеб лъикIаб гIамал алжаналъул кIул буго, мун гьеб лъикIаб гIамалалъ цIан вачуна алжаналде, мун квешаб гIамалалдаса хIинкъа, квешаб гIамал жужахIалъул кIул буго, мун квешаб гIамалалъ цIала жужахIалде.

Ва, Адамил лъимер, дуца рарал кIалгIаби, рукъзал чIунтизе рарал руго, дур гIумруги жиб Кьурас нахъе босун унеб жо буго, дур черхги туризе бижараб буго, дуца захIмат бихьун данде гьабураб боцIиги, дудаса садакъаги кьоларел мунагьал чурагиянги абуларел варисзабазе бугеб жо буго, гьеб боцIул хIалалалъул хIисабги, хIарамалъул гIакъубаги, гьеб боцIиялдаса садакъа кьечIого, закат бахъичIого теялъул ургъел-пашманлъиги ахираталда дуе буго, дур гьалмагъги дур лъикIаб гIамал буго, я квешаб гIамал буго.

Ва, Адамил лъимер, щив чи вугониги дунял бокьун, хIакълъунго, гьесие чIаголъи бокьула, щив вугониги чIаголъи бокьун, гьев чиясе боцIи бокьула, щив чи вугониги боцIи бокьун, гьесда хвел ракIалде щоларо, жинда хвел ракIалде щоларев чияс, дунялалъул гIамалазде машгъуллъи сабаблъун, тавбуги тIагIатги нахъе бахъула; щив вугониги дунялалдаса вахъун (хун), тавбу гьабичIого, тIагIатги гьабичIого, Аллагьас гьев чиясе хIарам гьабула алжан.

Ва, Адамил лъимер, щив вугониги дунял рихун, хIакълъунго, гьесда дунялалъул чIаголъи рихуна, щив вугониги дунялалъул чIаголъи рихун, хIакълъунго, гьесие дунялалъул боцIи рихуна, щив вугониги дунялалъул боцIи рихун, гьев чиясда ракIалде щола хвелги, хабал гIазабги, Мункар-Накир абулев кIиявго малаикас хабалъ гьабулеб хIисаб-суалги, щив вугониги гьал рехсарал жал ракIалде щварав, гьес тавбу гьабула, лъикIал гIамалалги гьарула, живги хвасарлъула жужахIалдаса.

 

МухIаммад Къебедов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...