Аслияб гьумералде

Гьудуллъун щив кквелев?

Гьудуллъун щив кквелев?

Гьудуллъун щив кквелев?

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужеца гIадамазе лъикIалдалъун амруги гьабе, квешалдаса нахъги чIвай. Гьедин гьабичIони, Аллагьас ﷻ нужеда тIаде квешал гIадамал тIамила ва нужер дугIаги къабул гьабиларо».

 

Нилъеца, батIалъи гьечIо, росдал имам-будунас, чIахIиял-гIисиназ, киназго гIадамал ахIизе ккола лъикIлъиялде. Квешал пишаби гьарулел гIадамал маслахIат бихьун квешлъиялдаса гьукъизеги ккола. Нилъеда тIад ругел чагIиги (хIакимзаби), гьелги нилъеда релълъарал рукIуна. Квешал чагIаздасан – квешлъи, лъикIал чагIаздасан – лъикIлъийин абухъе, гьудуллъи лъилгунха гьабилеб?

 

Цо шагIирас абун буго:

«Дуца гьав щивилан суал борхуге,

Гьесул гьудуласул хал лъикIго гьабе.

Гьудул гьудуласда релълъун вукIуна,

Цоясул хал гьабун, дов цояв лъала».

 

ТIадегIанав Аллагьас хирияв Авараг ﷺ веццун Къуръаналъул аяталда абулеб буго: «ХIакълъунго, мун цIакъ тIадегIанаб, берцинаб тIабигIаталда вижарав вуго, ай берцинал, лъикIал тIабигIаталда тIад вуго мун». Гьел тIабигIатаздасан руго Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи, хIуснул хулукъ, ай тIабигIат берцинлъи. ХIадисалда абулеб буго: «ГIемерисел гIадамал алжаналде лъугьинарула Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялъги тIабигIат берцинлъиялъги». Цойги хIадисалда буго: «Дун витIун вуго нужехъе берцинал тIабигIатал камил гьаризе». Абугьурайрат-асхIабасда Аварагас ﷺ абулеб буго: «Я, Абугьурайрат, дуца тIадчIей гьабе тIабигIат берцинлъиялда». Щиб гьеб кколебилан гьес гьикъидал, Аварагас ﷺ жаваб кьола: «Дудаса къотIун, ватIалъун чIарасулгун хурхен-гьоркьоблъи гьаби, дуда зулму гьабурав тIаса лъугьун тей, дуе хIажатаб жо кьечIого мун махIрум гьавурасе дуца жо кьей», - абун.

Гьанже ралагье, диналъул вацал, нилъелъ бугищ тIабигIат берцинлъи. Нилъергун цо дагIба-рагIи ккун ратIалъани цогиял, нилъеца щиб гьабулеб? Цоцазе гьабулеб лъикIлъи, цоцазда гьоркьоб гьогьен ккани, рогьоде базе рекеруларищ?

Бичасул Аварагасда ﷺ асхIабзабаз цIехараб мехалда, цояс гьабураб лъикIлъи цогиясда лъалеб гьечIин, Аварагас ﷺ абуна гьабураб лъикIлъи лъачIолъи кутакалда квеш бугин.

ЖагIфару Садикъица абуна дуца гьудуллъи гьабугейила щуго чиясулгун: 1) гьересихъанасулгун; гьес мун гуккиялда хIинкъи буго. 2) АхIмакъ гIадав чиясулгун; гьесдаса дуе щибго пайда щоларо. 3) Бахиласулгун; гьес дуе кьоларо бищунго дуе хIажатаб жо. 4) ЦIуяв, хIинкъулев чиясулгун; гьес мун къварилъиялде ккедал рехун тола. 5) Пасикъав чиясулгун (гIемерал мунагьал гьарулев); гьес мун вичула жого гуреб жо сабаблъун.

Жунайдул Багъдадияс абулеб буго: «Дидехун тIабигIат берцинав, амма фасикъав чияс гьалмагълъи гьабизе бокьилаан дие, цIаларав, рияъ-сумгIат гъорлъ бугев тIабигIат квешав чияс гьалмагълъи гьабиялдаса».

ХIасан-устарас «Талхисул магIарифалда»  хъвалеб буго: «Я дир вас, дица дуде васият гьабулеб буго мун тIарикъаталда гьечIел пасалъи-къосеналъул агьлугун жува-гъуваялдаса рикIкIалъе, гьезул чорокал хIалал дуде рахинчIого рукIине.

Исламалъул церехъабаз нилъ ахIулел руго гьалмагъ лъикIав кквеялде. Гьединлъидал, хIаракат бахъизе ккола гьалмагълъун кколев чи гIамал берцинав кквезе.

 

ХIусен СагIадулаев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...