Аслияб гьумералде

Къуватаб хъалхъан

Къуватаб хъалхъан

Аварагас абун буго, Алжаналде лъугьинавуниги, ахираталда муъминчиясул бищун ракIгурхIизе бугила, Аллагьасде гIагарлъулеб гIамал жеги цIикIкIун гьабичIолъиялдаса. ХIисаб гьабе гьаб заманалъул, кинаб гIамал гьабуниги гIумру унеб бугеб куцалъул. Заман буго жавгьарлъун инсанасе БетIергьанас кьураб жо. Гьединлъидал, хIажат гьечIеб гьабун гьеб гIадада инаби рекъараб гьечIо.

Заман тIамизе ккола кигIан дагьаб бугониги гIибадатги гьабун, Аллагьасда цере чIараб къоялъ нилъго пашманлъиларедухъ. Гьедин бугелъул, гьарула Аллагьасда щивасе насиб гьабегийин Гьев разилъуледухъ дугIа-алхIам, гIибадатгIамал гьабун заман тIобитIизе тавпикъилан. Аллагьасда гьарун дугIа гьабиги буго чиясул къасдлъун бугеб хIасуллъизе кумек гьабулеблъун. Балеб какалъ, кколеб кIалалъ кумек гьабулебго гIадин, муъминчиясул дугIаялъги рагьула гьесие захIматал ишазде нуцIби. ХIажат ккун БетIергьанасда гьари гуребги, гьеб буго хасаб гIибадатги.

Аварагас абун буго: «ДугIа гIибадаталъул нах буго», - ян (Тирмизи). «ДугIаялдаса хирияб жо Аллагьасда цебе щибго гьечIо», - ян абулеб буго цогидаб хIадисалда (АхIмад). Гьединго хIадисалда буго: «Нужеца БетIергьанасда Гьесул цIобалдаса гьаре, Аллагьасе бокьула Гьесда гьарулелъул. ГIибадаталъул бищун лъикIабги тIаде бачIараб Аллагьас нахъе босизегIан сабруялда рукIин буго», - ян (Тирмизи). ДугIаялъги кIудияб кумек гьабула тIаде рачIарал ва рачIунел балагьал нахъчIвазе.

Имам Гъазалияс цин суалги кьун, хадуб жаваб гьабун хъвалеб буго: «ДугIа гьабиялъул пайда щиб бугеб, къадар лъугьинчIого хутIуларелъул? Дуда лъай, дугIа сабаблъун балагь-къварилъи нахъчIвайги къадаралдалъун буго. ДугIа букIине бегьула балагькъварилъи нахъчIвазе сабаблъунги, гьединго Аллагьасул нигIмат тIаде цIазеги. ЧIораздаса цIунизе хъалхъан (щит) букIунебго гIадин, гьединго ракьулъа хер бижиялъе сабаблъун лъимги букIунелда релълъун, дугIаялъги тIаде рачIунел балагь-къварилъабаздаса цIунула», - ан.

Аварагас абун буго: «Къадаралдаса цIуни гьабунин гьелдаса хвасарлъуларо, дугIаялъ кумек гьабула тIаде рещтIараб нахъе босиялъе ва рещтIине бугелдаса. Балагь-къварилъи рещтIунелъул гьелда дандечIей гьабула дугIаялъ, гьедин къеркьолеллъунги гьел рукIуна къиямасеб къо чIезегIанцин» (ТIабарани).

Аллагьасул къадар буго жиб лъугьинчIого чIолареб, заман щведал лъугьунаребги лъугьунеблъун. Къадарги букIуна батIи-батIияб, квешаб, балагькъварилъи, унта-шокълъи тIаде бачIине нилъее бокьилареб гIадаб. Гьеб киналдаго дандечIей гьабизехъин буго муъминчиясул ракI-ракIалъ гьабураб дугIаялъ. Аллагьас къабул гьабеги! Нилъеда ракIалде ккезе бегьула, дугIа гьабунин Аллагьас лъугьине хъвараб жо лъугьинчIого кин букIунебин абун. БитIараб буго, хъвараб жо лъугьинчIого букIинаро, амма кинаб хъван бугебали нилъеда лъаларо, гьелъ муъминчиясул Аллагьасул I рахIматалдаса хьул къотIизе бегьуларо ва гьаризе ккола.

ХIадисалда буго: «Сунцаниги хиси гьабуларо Аллагьасул къадаралъе муъминчиясул ракIракIалъ гьабураб дугIаялъ гурони, чиясул гIумруги халат гьабуларо гьарурал лъикIал гIамалаз гурони», - ян.

Гьеле къадар хисизе рес букIиналъеги хIужа.

ДугIа буго, как кIал гIадин гуреб, щиб къагIидаялда, мацIалда, формаялда гьабуниги бегьулеб, бачIинахъего жиб Аллагьасдеги унеб хитIаб.

ДугIа буго кидаго инсан жинде хIажатаб, жиб гьабиялдалъун Аллагьас нилъеде Къуръаналда хитIабги гьабураб.

ДугIа къабуллъи бараб буго щивав чиясда. Щайин абуни, гIадатияб заман гъапуллъиялда вукIунесул, хIажат ккедал гьарунин гьебсагIатго жаваб щвей къанагIатаб жо буго. Амма гьаригьарунгутIи нилъедаго бараб буго.

Аллагьас къабул гьабеги щивасул гьарараб, гьеб къабуллъараздасаги ратаги нилъ киналго! Амин!

МУХIАММАД ГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...