Аслияб гьумералде

Нилъеца гьабураб нилъееги гьабула

Нилъеца гьабураб нилъееги гьабула 

Нилъеца гьабураб нилъееги гьабула

Цо къоялъ бакъанида рокъове вачIунев вукIарав фермерасда рагIула кумек гьабейилан ахIулеб лъимадул гьаракь. Гьев, гьаракь рагIараб рахъалде векерула, ва гьесда вихьула хьуцI бугеб бакIалдеги ккун, хьуцIалъ жаниве цIан унев гьитIинавго вас.

 

Фермерас, хех гьабун, халатаб тIил балагьула ва гьеб васасухъе бегьула. Васас тIил ккола ва гьелъул кумекалдалъун хIуцIилъа къватIивеги ворчIула. Виччун цIалтарав вас битIахъе гIемер хIинкъиялъ сородилев вукIин бихьарав фермерас абула  жинда цадахъ вилъайин, ретIелги хисилин кваназеги гьавилин абун. Амма вас разилъуларо, эмен дир ургъалида ватулинги абун, фермерасе баркалаги кьун, гIедегIун уна жиндирго нухда.

Нахъисеб къоялъ цIакъ чIухIараб пайтон чIола фермерасул рукъалда цебе. Пайтоналъуса къватIивеги вахъун, цо бечедго ретIа-къарав чияс гьикъула сон дир вас хвасар гьавурав чи мунищилан. Уйилан жаваб кьола фермерасги.

- Баркала буго дуе, дуца гьабураб лъикIлъи киданиги кIоченаро дида. Гьанже диеги бокьун буго дуе кумек гьабизе. Дир вас хвасар гьавуралъухъ кигIанасеб гIарац дуе кьелеб? Бокьараб къадар абе, дир рес буго дуе кумек гьабизе, - ян кIалъала бечедав чи.

- Дие щибго хIажат гьечIо, дица кумекалде хьулгун яги гIарцухъ гуро дур васги хвасар гьавурав. Дир бакIалда цоги чи вукIаравани гьесги гьабизе букIана дицаго гьабураб, - ян кIалъала фермерги.

Гьеб параялъ рокъоса къватIиве векерун вачIуна фермерасул гьитIинав вас ва чIемгIаялда тIадги рекIун, гьеб къиркъидизабизе лъугьуна.

- Гьав гьитIинав бахIарчи дурищ, - ян цIехола бечедас, васасде кверги битIун.

Васасул бетIералда кверги бахъулаго, гьесдаса бугеб рохелги загьир гьабулаго, уйилан жаваб кьола фермерасги.

- Гьедин батани дир рес буго дур вас Лондоналде вачине ва бищун лъикIаб школалде витIизе. Дуца ургъел гьабуге, цIалухъ кьезе кколебщинаб гIарацги дица дидего тIаде босула. Щиб лъалеб, гьесул дунялалдаго цIар рагIарав, халкъалъе пайдаяв чи вахъинеги бегьула. Гьедин гьабуни я дур я дир ракI бухIизеги гьечIо, - ян абула бечедас.

Гьелдаса нахъе уна саламаталго сонал. Фермерасул васас лъугIизабула цин школа ва хадуб медицинаялъул институт. КватIичIогойин абуни, тIоцебе пенициллин абураб дару ургъарав чи хIисабалда, дунялалдаго цIар рагIарав гIалимчилъунги вахъуна гьев. Гьесда цIарги букIана Александр Флемминг.

Дунялалъул кIиабилеб рагъ байбихьилалде цересел соназ захIматго унтарав чи ккола больницаялде. Гьев вукIуна фермерас хвасар гьавун вукIарав дов вас. А. Флеммингица ургъараб пенициллиналъул кумекалдалъун гьев сахлъула. Гьевин абуни кколаан Рандольф Черчелил вас, хадуб нахъа Англиялъул премьер-министрлъун вахъарав Уистон Черчиль.

Цо пуланаб данделъиялда кIалъалаго Уинстон Черчилица абуна: «Нилъеца чияе гьабураб лъикIлъи, кида-къадги нилъехъего тIадбуссун бачIинчIого чIоларо», - ян.        

 

МухIамадхIабиб МахIатIов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...