ЧIужугIадан - Аллагьасул ﷻ хIикмат
ЧIужугIадан - Аллагьасул ﷻ хIикмат
ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда («Ан-нисаъ») буго руччабазул хIакъалъулъ бицараб сурат. Бищунго чIахIиязул цояблъун кколеб гьебги рещтIана Бичасул аварагасухъе ﷺ чанго соналъ, рещтIинеги байбихьана Мадинаялда вугеб мехалда, ай гьижра гьабун лъабабилеб соналда, УхIудалъул гъазаваталдаса хадуб.
Гьеб букIана УхIудалда асхIабзабиги чIван, гIемерал бусурбабазул руччаби къороллъуда, лъимал бесдаллъуда хутIараб заман. Хирияб Къуръаналъул гьеб сураталда бицун буго руччаби-лъималазул ихтияразул, гьел цIунизе ккеялъул. Ва гьединго бицун буго руччаби-лъималазда аскIоб ритIухълъи цIуничIесе букIине бугеб гIазабалъулги. Гьезул хIакъал, гьезие бегьулеб-бегьулареб, гьезда хурхараб амру-нагью, гьезул гIурхъаби, гьез жидецаго цогидазул гIурхъаби цIунизе, тIубазе ккеялъул рагIа-ракьанде щун бицун буго БетIергьан Аллагьас ﷻ. Нилъер хирияв ХIабиб МухIаммад ﷺ, нуж руччабаздехун лъикI рукIайин абун аманатги гьабун, хвана. Хириясул ﷺ гIумруго ана руччабаздехун лъикI вукIиналъул мисалги бихьизабулаго. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Адам аварагасул хьолбодаса йижарай йигелъулха ХIаваги.
ХIадисазда батула: «Мун киса, кин гьание ккарай ва щай йижарай Аллагьас?» - абун гьикъанила Адамица ХIавада тIоцее гьей йихьидал. «Дун Аллагьас дуе ракIгъеялъе, дур пашманлъи бачахъизе йижарай йиго», - абун жаваб кьунила гьелъги. Гьалдасан бичIчIула, щияй чIужугIадан Аллагьас ﷻ хира гьаюн, бихьинчиясе квербакъиялъе, гьесул гIумру берцинлъиялъе йижарай йикIин. Гьелда хурхараб хIадисги буго Хириясул ﷺ, чIужугIадан кIодо гьайичIин кIудияс гурони (адаб абураб магIнаялда) ва чIужугIадан хIакъир гьайичIин живго хIакъирас гурониян абураб.
Исламалда чIужугIаданалъул гьабун бугеб адаб-хIурматалъул, гьелъие бугеб цIуниялъул бицун хIалкIоларо. Гьелда рекъон, бихьинчиясда дандеккун, гьелъие Алжан щвезеги буго бигьаяб куцалда. Жиндир баракат щваяв Шамил имамас абурабила: «Дун Аллагьас чIужугIаданлъун вижун ватаравани, бигьаго Алжан босизе», - абун. Амма чIужугIаданалъул хъизамалда хурхун ругел амрабазул сияхI цIакъго халатаб буго. Гьелде гьел хIадур гьарула гьитIинго: малъун, бицун, гьарудизе тIамун. Аллагьас ﷻ жиндир даража тIадегIан гьабеяв Бакълъухъа СагIдухIажиясул МухIаммадица гIемер абулаанила: «Мадугьалзабазе кумекалъе ритIунги ясал гIадада тоге», - ян. Гьединго абула чIужугIадан инсанияталъулго институт йигиланги. Щайилан абуни, эбелалъ кьураб тарбияталда гIун рачIуна лъимал. Гьеб тарбияталда ругьунлъарал гьездаса лъугьуна кIудиял гIедал жинди-жиндир гIамалалъул бихьиналги руччабиги. Гьел бихьиналгун руччабаз гIуцIула жамгIиятги. Гьезул гIадлу бугони, жамгIиятги гIадлуяб букIуна, жанир чIараб росу-ракь, шагьар цебетIола. ЦебетIей гIемерлъанагIан, гIадлу берцинлъарабгIан улкаялдаги гъунки цIикIкIуна. Гьелдалъун буго исламалъул тушбабазги руччаби къосинариялде бищунго цIикIкIун кIвар кьолеб. Руччаби къосун хадуб, гьезул хадусеб гIелги къосунелъулха. Къосин цIикIкIанагIан бусурбабиги тамахлъула, исламги загIиплъула.
Иман щулияй, Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарай чIужугIадан анцIго бихьинчиясдасаги лъикIай йикIунин абула. МухIаммад ﷺ аварагасул заманалдаги, гьесда хадурги, гьев вачIиналде цебеги, цоги аварагзабазул заманабазда иман бугел, Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарал руччаби дагьал рукIинчIо. Гьезул цо-цоязул къисаби нилъехъеги щвана.
ГIиса аварагасул заманалда йикIана цо чIужугIадан кидаго черх чурун яцIцIадго, какичуриялда йикIуней. Цо къоялъ гьей радал тIадеги яхъун, квен гьабизе цIаги бакун, как базе лъугьанила. Гьеб заманалда жаниб гьелда аскIов васандулев вукIанила гьельул гьитIинав васги. Как балей гьелъул гIинде иблисалъ щуранила: «Дур цIетIа лъураб квен къвагъулеб буго! Хехго лъугIизе те как», - абун. Иблисалъул макруги къезабун, гьелъ как халат бахъинабулеб букIанила. ГьебсагIаталъ нагIана батаяб шайтIаналъ гьелъул лъимер цIадаве лъугьине гьесизавунила ва гьелъул гIиндеги щуранила: «Дур вас цIадулъе лъугьана. Гьев вухIулев вуго», - ян абун. Гьеб мехалъги гьелъ илбисалъул сихIру нахъчIванила ва сабуралда жиндирго какги банила. Ибрагьим авараг цIаялда жанив гIадин, щибго асарги гьелъул бухIиялъул гьечIого, цIадуда жанивги гIодовчIун васандулев вукIанила гьелъул васги. Гьеб параяль тIаде вачIарав гьелъул рос виххун кканила. Гьев хъата-масан ГIиса аварагасухъе анила ва хехго дихъе вилълъа, гьениб льугьунеб хIикмат бихьизеян гьаранила. Гьел тIаде щведалги, дой гIадан как балей, гьелъул гьитIинав вас цIадулъ ватанила. ГIиса аварагас цIеханила гьелда гьаб щиб хIикматин абун. Гьелъги абунила: «Я Аллагьасул Расул, дуца малъулаха Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьоб бугеб балъголъи лъазе бегьуларин абун. Кинниги Бичасул авараг дихъе вачIиндал, бицина. Дица кидаго гьабула лъабго иш. Дун кидаго йикIуна какиги чурун. Гьабулеб киналъулъго дица ахираталъул ишазе цебетIей кьола ва Аллагьасул дие ругел нигIматазде кидаго щукру гьабулейлъунги йикIуна», - ян. ГIиса аварагас абунила: «Я дур хIал чIахъаяй! ХIакълъунго, Аллагьас дуе авараглъи кьелаан, руччабазе авараглъи кьолеб букIарабани», - ян.
Аллагьас ﷻ киналго бусурбанал руччаби гьареги гьей гIаданалъул гIадаб щулияб иман бугездасан ва гьеб иманалъул баракат тIолабго хъизамазе щолездасан.
ПатIимат ХIасанова