Аслияб гьумералде

ДугIаялъул хIикмат

ДугIаялъул хIикмат

ДугIа абураб рагIул магIна гьабизе бегьула «ахIи, гьари, Аллагьасдасан кумек тIалаб гьаби» гIадал рагIабаздалъун.

«Ал-Гъафир» абураб сураталда буго гьадинаб магIнаялъул аят. Ва нужер БетIергьанас абуна: «Нужеца Диде ахIе, Дица нужее жаваб кьела. ХIакълъунго, Дие лагълъи гьабизе жал чIухIарал чагIи – гьел нахъа жужахIалъуре лъугьина абадиялъго».

ШаргIалда дугIа ккола ракI-ракIалъ Аллагьасда гьари, жиндир гIажизлъиги, загIиплъиги, абадияб хIажалъиги бичIчIун, Аллагьасул гIурхъи гьечIеб рахIмуялде хьулги лъун ва кумек тIалаб гьаби.

Унтун ва цо балагь-къварилъи тIаде бачIиндал цIакъго лъикI бичIчIула жиндирго гIажизлъиги, загIиплъиги, дугIаги гьабула лагъас ракIракIалъ Аллагьасул кумекалде хьулги лъун. Нилъеда лъала, унти ккола Аллагьасул салам: кIудияб хIалбихьи жинда жаниб бугеб, гьелъ мун кантIизавула гьаб дунял тIасаги унеб, лъугIизеги лъугIулеб, пайда гьечIеб ургъалил рукъ букIиналде.

Жив Аллагьасдаги божулев, таваккалги Аллагьасде гурони лъоларев чияс абуни, гьеб унти рахIматлъун рикIкIуна мунагь чуриялъе жиб бугеб, ай унти кьурас сахги гьавилин хьулги букIуна. Аллагьасда божуларел жагьилал гIадамазул таваккалги хьулги букIунеб буго тохтурзабазде, дарабазде ва гьединго гьанжесел технологиязде. Жагьилав чиясул гIакълу хIалтIулеб гьечIо чиясул сах-саламалъиги, унтиги, дарабиги, тохтурзабиги Жиндир рахIмуялдалъун ва цIобалдалъун рижарав гIицIав Аллагь вукIиналде.

Гьединлъидал, бусурбабаз дарабиги гьарула, тохтурзабаздасанги сахлъи тIалаб гьабула Аллагьас сабаблъун ккеялде хьулги лъун. Бусурбанчиясда бичIчIула Аллагьасул къадруялдалъун гурони сахлъизе рес гьечIеблъи, гьединлъидал кумекги гIицIго Аллагьасдасан гурони тIалаб гьабуларо. Аллагьас Къуръаналда рехсолеб буго ракI-ракIалъ (ихласалда) дугIа гьабиялда хурхараб аят (магIна):

«Инсанасда зарал-зиян хъинтIараб мехалъ, гьес гьеб тIаса инабизе гIоло Диде ахIула – дугIа гьабула хьибилалда вегун, ялъуни гIодов чIун, ялъуни вахъун чIун. Дица жиндаса гьеб зарал тIаса инабурабго, гьев хьвадула жинца гьеб жинде бачIараб заралалъул рахъалъ Диде ахIи-дугIа гьабичIеб гIадин. Гьединаб къагIидаялъ жидеца жидерго диналъул амруялъулъ исраплъи гьабулезда берцин бихьана жидеца гьабулеб букIараб жо».

Жив сах-саламатго ва ургъалаби гьечIого вугев мехалъги Аллагь кIочене бегьуларо, Аллагьасе кидаго шукруялда рукIине, гьабгощинаб нигIмат кьун Аллагьас нилъ хьихьун рукIин лъазе ккола. Цоги кIвар кьезе кколеб жо, сахлъиялъе дугIа гьаби гуребги, пишаялдалъун сахлъи тIалаб гьабиги кIочене бегьуларо. Сахаб гIумру гьабизе ккола, тохтурас бихьизабурабги гьабун.

Кинабниги жо Аллагьас дунялалда сабабазда хурхинабун бугеб гIадин, нилъецаги хIалтIизаризе ккола сабабал, тохтурзабазухъеги ине ккола, дарабиги гьаризе ккола, сахлъи тIалаб гьабизеги нилъеда тIадаб борч буго.

«Newsweek» журналалда бахъун букIана «Аллагьасда божи - бищун лъикIаб дару» абураб бетIералда гъоркь макъала. Гьелда хъван букIана чара гьечIого динияв чиясул сахлъиялъе бугеб пайдаялъул. Гьанжесеб гIелмуялъ чIезабун буго, диниял гIадамал жагьилазде дандеккун, цIакъ дагьаб къадаралъ унтулелги ва хехго сахлъулелги рукIин.

Америкаялда ва Англиялда гьабуна гьадинаб хIалбихьи: тохтурзабаз халккун букIана диниял унтаразда хадуб, гьезул гIага-божарал абуни, чIечIого гьезие дугIа гьабулел рукIана. Гьезда бихьана кин гьел захIматго унтарал, хехаб куцалъ рукIалиде рачIунел рукIаралали ва гьединго бичIчIана Аллагьасда божиялъ ва дугIа гьабиялъ чиясул сахлъиялъе кьолеб бугеб пайда.

Къуръаналда Аллагьас рехсон руго аятал кинал дугIабаздалъун цересел аварагзабаз гьарулеб букIарабали нилъеда лъазе букIине. «Аварагзаби» абураб сураталда буго гьадинаб магIнаялъул аят:

«Ва, Аюб! Рехсе дуца. Гьес жиндир БетIергьанасде ахIараб мехалъ, хIакълъунго, дида зарал хъван бугин ва Мунги гурхIулезул бищунго цIакъ гурхIулев вугин».

Гьебго сураталда, ункъоялда анкьабилеб аяталда, буго Юнус аварагас ччугIил чохьонив вугев мехалъ гьабураб дугIаги (магIна):

«(Ва ччугIил бетIергьан, Юнус рехсе, гьес кигIан ахIи баниги доз гIинтIамичIого, жиндирго къавмалда ццин бахъун гьев араб мехалъ, гьесдаги ракIалде ккараб жиндие кумек гьабизе Дида хIалго кIвеларилан. БецIлъуда, ралъдалъ ччугIил чохьониб гьес Диде ахIи бана): «Мун гурони, жиндие лагълъи гьабулеб щибго гьечIо! Унгоха, БетIергьан, дур вацIцIалъи. ХIакълъунго, дунги вуго жидецаго жидеда зулму гьабураздаса», - ян.

МУХТАРАХIМАД МУХIАММАДОВ

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Мадугьалзабазул лъимер...   Цо тIалаялъ тIадехун ругел цIиял мадугьалзабаз дун махIрум гьаюна кинаб букIаниги парахалъиялдаса. Гьезул лъимер гьоркьоса къотIичIого гIодула яги къаси цо тIубараб мехалъцин бекерахъдула, дванкола. Гьединаб хъуй букIаго хIухьбахъизе санагIалъи букIунаро. Дица...


Балагьаздаса цIуниялъе

Жакъа нилъ киналго руго Дагъистаналда ккаралъул нугIзаллъун. ГIемерал гIадамал захIматаб хIалалде ккана, гьебги, щаклъи гьечIого, ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан бугеб хIалбихьи ккола.   ХIакъикъаталдаги, гьаб дунял бижунго букIана хIалбихьиялъул бакI хIисабалда. Нилъер бугебщинаб жо -...


Сафия бинт ХӀуяйя

Сафия гьаюна ва гӀуна Мадинаялъул жугьутӀазда гьоркьой. МухӀаммад аварагасул ﷺ йикӀинесей чӀужуялъул тухум букӀана Муса аварагасул вац Гьарун аварагасул наслуялъул чагӀи. ЯгIкъуб аварагасулги цӀар буго гьезул умумузда гъорлъ. Гьелъул эмен вукӀана Мадинаялда гӀумру гьабулеб букӀараб Бану Назир...


ГIараб мацIалда гIуцIараб тарихияб мажлис

ХIурматиял магIарулал, инкъилаб ккелалде цебе букIараб заманалде раккани, нилъее якъинлъула тIубараб Дагъистаналъулго хъвай-хъвагIай гIараб мацIалда букIараблъи. Гьелде тIаде цо дагьа-макъабго гIажамалдаги букIун буго.   Балагьеха, гьадигIан гIемер батIи-батIиял мацIал жанир ругеб Дагъистан...


АлхIамалъул хIикмат

Бокьараб как балеб мехалъ чияс щибаб ракагIаталда цIалула «ФатихIа» сура. Гьеб «ФатихIа» сура гурони цониги сура чIоларо какилъ гьеб цIализе хIалкIолев чиясе. Лъаларезе, гьанже ругьунлъулезе батIияб хIукму буго.   ГIубада ибн ас-Самитица бицана Аварагас ﷺ абунин:...