Аслияб гьумералде

Гьалаг гьарулеб...

Гьалаг гьарулеб...

Гьалаг гьарулеб...

Инсан гьалаг гьавулел бищунго чIахIиял мунагьазул цояб ккола риба. ГIарабалдаса буссинабун Риба абураб жоялъул магIна ккола цIикIкIинаби абураб. Гьеб хIарамаб букIиналда тIолго имамзаби ва гIалимзаби тIадрекъана. Гьелъул хIакъалъулъ рачIарал Къуръаналъул аяталги, хIадисалги рагIун хадуб, цIакъго-цIакъ иман загIипав чияс гурони, ахират цебе букIин лъалес гьеб кидаго гьабиларо.

 

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Аллагьас ﷻ даран хIалал гьабуна, риба хIарам гьабуна», - ян (Бакъарат).

Гьединлъидал риба хIалалаб бугилан абулев чи купруялде уна. КIиябго рахъги разилъун гьабураб мехалъ, риба щай хIалаллъуларебан абулел чагIазе кIудияб хIинкъи буго исламалдаса ратIалъиялда. Риба хIалтIизабулел чагIи ккола Аллагьас ﷻ данде рагъ лъазабурал гIадамал. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеца гьеб гьабичIони, ай риба рехун течIони Аллагьасулги ﷻ, гьесул Расуласулги рахъалдаса нужергун рагъ лъазабулеб буго» (суратул «Бакъарат» 279 аят).

«Фатавал ХIадисият» абураб тIехьалда хъвалеб буго: Аллагьас ﷻ рагъ лъазабураб кIиго тайпа гурони гьечIо – риба хIалтIизабулелги, валиясе зарал гьабулелги гIадамал гурого. Гьелдалъун нилъеда бичIчIулеб буго риба цIакъ къабихIаб ва мунагь цIикIкIараб жо букIин. Риба гьабиялдалъун жиндие хайир кколин ракIалде ккани ахирги гьелъул баракатбахъи бихьичIого хутIуларо.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Аллагьас ﷻ рибаялъул баракатги тIаса инабула, гьеб гъорлъе лъугьараб боцIиги гьалаг гьабула», - ян (суратул «Бакъарат» 276 аят).

Ахираталда риба кваналел гIадамазе букIине бугеб гIакъубаялъул хIакъалъулъ хирияб Къуръаналда абулеб буго: (магIна): «Жидеца риба кваналел, ай гьеб хIалтIизабулел гIадамал къиямасеб къоялъ шайтIабаз ккурал гIадамал гIадин гурого рахъине гьечIо», - ян (суратул «Бакъарат» 275 аят).

Риба хIалтIизаби гIорхъулъа ун кIудияб мунагь бугеблъи хIадисазги нугIлъи гьабулеб буго. Аварагас ﷺ абулеб буго: «Нуж рикIкIалъе инсан гьалаг гьавулел мунагьаздаса: Аллагьасдехун ﷻ ширк гьабиялдаса, сихIруялдаса, Аллагьас ﷻ чIвазе хIарам гьавурав инсан чIваялдаса, гъазаваталдаса тIуриялдаса, рацIцIадал муъминал руччабазда рогьо баялдаса». Гьаб хIадисалда риба рехсон буго бищунго чIахIиял мунагьазда гьоркьор.

Аварагас ﷺ абулеб буго: «Дида нолъ макьилъ кIиго чи вихьана дихъе рачIун. Гьез дун цо бацIцIадаб ракьалде вачана, цинги ниж бидул гIоралда аскIосан ана. «Гьеб гIурулъ вукIана цо чи, цогидав вукIана гIурул рагIалда, цере ганчIазул гохIги гьабун. Цинги гIурулъ вугев вачIине лъугьана, гIурулъа къватIиве вахъизехъин вугеб мехалъ рагIалда вугес кIалдиб гамачIги речIчIун вукIараб бакIалде ккезавуна ва къватIиве вахъизе лъугьанщинахъе, гамачIги речIчIун гIурулъе вортизавулев вукIана гьес гьев чи. Дица гьикъана гIурулъ вугев щивилан. Гьес абуна риба кваналев чи вугин.

ГIемераз гьикъула риба босарав чиясе гурого кьурасеги мунагь букIунищилан. Кьурасеги букIуна, гьезие кумек гьабуравщинасеги букIуна, риба кваналесего гIадаб. Аварагас ﷺ абун буго ункъо чи вугин ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Алжаналде риччачIого тезеги, гьелъул нигIматал гьезда чIамизабичIого тезеги тIаде босарал: гIаракъиялда даимав чи, риба хIалтIизабулев, жиндир эбел-эмен къварид гьарулев чиги. Цогидаб хIадисалда буго: «МигIражалъул сордоялъ дида рихьана гIадамал рукъзал гIадал чахьалги ругел, къватIиса балагьарасда гьезда жанир борхьалги рихьулел. Дица абуна гьал щал чагIиян. ЖабрагIил малаикас абуна гьел ругин риба кванарал гIадамал», - ян. Гьединго, Аварагас ﷺ абулеб буго къиямасеб къо чIезе гIагарлъараб мехалъ рибаги, зинаги, гIаракъиги гIемерлъизе бугин.

Аллагьас ﷻ нилъ цIунаги инсан гьалаг гьавулел мунагьаздаса.

 

Къебед МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...