Аслияб гьумералде

ХIалалаб кванил хIасил

ХIалалаб кванил хIасил

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасе баян гьабун буго бегьулеб, ай хIалалаб, гьединго гьукъараб, ай хIарамаб. ТIубараб гIумруялъул рахъазде щвей гьабула гьеб кIиялъго.

 

Гьелдего гъорлъе ккола гIумру гьабизе ккани чара гьечIеб квана-гьекъолел сурсаталги. Инсанасул гIумру, сахлъи ва дин гьес кваналеб жоялда бараб буго. Масала, гIезегIан руго загьруял жал. Гьел кванарав чиясе хвей гурони тIокIаб хвасарлъи букIунаро.

Гьелдаго релълъун, инсанасул рухIияб рахъ хвезабулел жал ккола бусурбанчиясе кваназе гьукъарал, гьесие хIарам гьарурал тIагIамал. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Нужее хIарам гьабуна хвараб жо, ай шаргIияб къагIидаялъ хъвечIеб, би, болъонил гьан, Аллагьасул цIар бахъун хъвечIебщинаб, ай жундузул яги хъанчазул цIаралда хъураб, гъанкъун хвараб, бухун, кьабун хвараб, гъоркье бортун яги рехун хвараб, цогидабгун багъун хвараб, жанаваралъ чIвараб, гьезул нужеца хъураб хутIун», - ян (сура «Ал-Маидат», аят 3).

Гьаб аяталда жаниб кIудияб баян кьолеб буго кванилъ хIалтIизаризе гьукъарал жалазе. Гьаб макъала хъваялъе ккараб сабабги буго нилъер республика бахун къватIир ругел гIадамаз шаргIияб куцалъ хъвечIеб гьанал милат гьабулареб букIин бихьи. Кваназе щвараб ашбазалда гIемерисез цIехолеб буго болъонил гьан бугищин. Бугин абидал, гьеб бегьулебгIадин кваналебги буго. Гьединлъидал кутакалда цIодорлъи гьабизе ккола.  Дагьабги мухIканаб букIина гьединаб бакIалда ччугIил букIа, цогидаб, ай жинда щаклъи гьечIеб жо кванан чIани.

Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго, жинда Бичасул свалатгун салам лъеяв Аварагас абунин: «Ва, гIадамал! Аллагь вацIцIадав вуго, жинца бацIцIадаб гурони къабулги гьабуларо…», - ян.

БетIергьанас аварагзабазде гьабураб гьаб хитIабалда жаниб лъикIаб гIамал гьаби хурхинабун буго хIалалаб жо кванаялда. Гьединлъидалин аварагзабаз бергьун кIудияб мухIканлъи гьабулеб букIараб квен бацIцIад гьабиялде.

Абугьурайратица бицараб хIадисалда хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Дирго агьлуялъухъе рокъове щведал, бусада букIа, рокъоб гIодоб букIа, дида батула чамарсакI. Гьеб кваназеян кодобе босарабго нахъе лъола, цощинаб садакъаялъул бугодайин хIинкъун», - ян. Садакъа аварагасе ﷺ  хIарамаб букIиндалха. Гьединаб, нилъеда гIиси-бикъинабин кколеб жоялда жанибгицин мухIкалъи гьабулаан Хирияс ﷺ.

ГIабдуллагь ибну Мубаракил эмен Мубарак вукIана лагълъуда вукIарав, тархъан гьавидал жиндиего магIишаталъе цо чиясул ахил милат гьабулев чилъун хIалтIулев. Цо къоялъ вачIанила гьеб ахил бетIергьан гьалмагъзабигун ахикье пихъ кваназе. Мубаракида хважаинас абула гьуинабгIадаб, барщараб соно босейин кваназе. Мубаракица росун рачIарал пихъал цIекIал, жеги рарщичIел ратанила гьесда. Барщарабги барщичIебги пихъ батIа гьабизе лъаларев мунго кинав чийин ахIдезе лъугьанила гьев. Цинги Мубаракица абунила жеги жинца гьаб ахикьа пихъ кваначIин, жиндие гьелъие дур изну букIинчIолъиялда бан. Гьесул жавабалъ цIакъ гIажаиблъизавурав ахил бетIергьанас гьикъанила кигIан заманалъин мун гьанив хIалтIулев вугевилан. Мубаракица абунила саламатаб заман бугин. Цинги хважаинас абунила, жиндир йигин цохIого цо йигей яс. Лъиедай дица гьей кьелаян? Ягьудияз абулила бечедасеян, насранияз абулила берцинасеян, гIарабаз абулила насаб тIадегIанасеян ва исламалъ абулила бищун Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарасеян. Дудаса цIикIкIун Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарав чи жинда ватилирила, гьединлъидал дуе кьезе йигила жинца ясиланги абун, жиндирго дурцлъун гьавунила Мубарак гьес.

 

ХIамид  МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...