Аслияб гьумералде

Дунял нилъер ВатIан гуро

Дунял нилъер ВатIан гуро

ТIадегIанав Аллагьас нилъ рижун руго Жиндиего лагълъи гьабизе. Хадуб, гьаб дунялги Аллагьас бижун буго инсанасе мутIигIаблъун, Жиндие лагълъи гьабулелъул инсанасе квегIенлъиялъе букIине. Нилъер гIемерисезул букIуна мекъаб пикру - дунял гIуцIизе, гьеб къачIазе рижарал ругин нилъилан абураб. Гьеб пикруги гIумруялъул бищунго кIудияб мурадлъун гьабун тIамула гIемерисез гIумруги.

Нилъер эмен Адамги эбел ХIаваги Алжаналдаса ракьалде рачахъиялъе гIиллалъун ккана гьез Аллагьас гьукъараб гъотIодаса кванай, кванаялде гьел гьесизарурабги нагIана батаяб иблис букIана. Гьелдалъун Аллагьас Адамгун ХIавае гIадлу гьабуна - гьел ракьалде рачахъиялдалъун ва ракьалдаги бачIинахъего цоцадаса тIезариялдалъун. Аллагьасул хIукмуялдалъун гIемерал соназдасан данделъана Адамгун ХIава.

Ва гьездасан лъугьана дунялалда нилъ - инсанасул агьлу. Гьаб дунялалъул рукъ буго Аллагьас инсанасе бачIинахъего хIалбихьилъун кьураб жо, жидер хIалбихьизе гьанире тIоцересел нилъер эбел-эмен ритIиялда рекъон. Гьелги гьанире рачана Аллагьасул амру теялдалъун хадубккун хIалбихьизе, гьездаса нилъги рижана квешабгун лъикIаб гIамал бижиялдаго цадахъ бокьараб тIаса бищизе ихтиярги кьун. Кинго нилъеца жиб къачIазе, жинда хадур лъугьунаго гIумру тIамизе кьураб жолъун дунял гуро.

Гьеб пикруялда рекъон, къаси-къалъи цIехечIого нилъ церехун аниги, ахир нилъеда батулеб жоги хвел буго. Ахир Аллагьасда цебе жаваб кьезе ккезеги буго, кин нилъеца гIумру тIамун батаниги. Аллагьасул цо валияс абун буго: «ЛъикI тIамуниги уна гIумру, квеш тIамуниги уна. Биччанте лъикI тIамизе», - абун. ЛъикI тIами абураб жоялъул магIна кколаро киналго дунявиял льикIлъаби дир рукIине кколин, кинабго рахъ лъикIлъабаздалъун битIараб гIумруги дица тIамизе кколин абун хачадилаго нилъеца гIумруялъул къоял инари.

ЛьикI тIами абураб жо ккола нилъехъа бажарараб хIалалъ Исламалъул нух цIунун, Аллагьасул амру ккун гIумру нухда бачин. Исламалъул нухги Аллагьасул амру бугелъул, Аллагьасул амруялда жанибги лъикIлъи гуреб жо инсанасеги гьечIелъул.

Аллагьасул кIудияв вали КъулецIмаса ГIалихIажиафандияс (къуддиса ссиругьу) абулеб буго цо вагIзаялда: «Гьаб дунял нилъер ВатIан гуро. Нилъ руго цо кIудияб сапаралъ унел чагIазда релълъун, цо лъикIаб бакIалда хIухьбахъизе жал чIарал. Ва гьеб хIухьбахъиги нилъее бокьарабгIан заманалъ букIунеб жо гуро. Нилъеда рилълъайилан абидал, нилъ церехун рилълъинеги ккола..», - йилан.

Даимго пикру гьабизе, рекIелъ чIезабизе рекъараб вагIза буго жиндир даража Аллагьас тIадегIан гьабеяв шайихасул гьаб. Амма дунялалъул гIоралъ эхере росун унел нилъеда гьединаб пайдаяб, ахир руссунеб рукъалъе мунпагIатаб хабар къокъаб заманалъ гурони рекIелъ чIоларо. ЧIечIого пулеб гIумруялъул гьорохъе гъугълъарал нилъер гIундузги гьединаб хабар халатккун гъорлъеги босуларо.

Кин бугониги Аллагьас нилъ гIакълуги кьун кIодо гьарун ругелъул, нилъеда тIадаб буго пикру гьабулеллъун рукIине, ахир руссунеб рукъалъул ургъел цIикIкIун гьабизе. ГIумар асхIабасул рагIаби руго «Аллагьас нилъ Исламалдалъун кIодо гьарурал руго. Гьеб гуреб жоялъулъ кIодолъи балагьизе лъугьарал, Аллагьас гIодорегIан гьарула», - ян.

Кутакалда магIна гъваридал рагIаби руго. Ислам гуреб жоялъулъ кIодолъи абураб жоги ккола, дунялалъул рокъоб динги рехун тун, дунявияб кIодолъи балагьизе лъугьин абураб. Амма гьаб заманалъул унтилъун льугьун буго динги нахъе цун, дунялалда хадур лъугьин.

ТIадегIанав Аллагьас дунял бижараб мехалъ гьалдехун абун букIаниги: «Дуда хадур лъугьараздаса мун лъута, мун рехун таразда хадубги лъугьа», - абун. Дунялалда хадур лъугьин абураб жоги ккола тIубараб пикру гьеб тIалаб гьабиялде бусинаби, ракI гьелдалъун цIей, лъикIаб-квешаб батIа бахъиялдаса ун, хIалал хIарам жубан гIумру инсанас тIами.

Хирияв Аварагасул букIараб бищунго кIудияб хIинкъиги буго, динги рехун тун уммат дунялалда хадур лъугьин. РакIалъ тIаса бищаралда хадуб гIакълуги, гIакълуялъ босаралда хадуб гIамалги уна чиясул. Дунял буго Аллагьас паналъизе бижараб жо. Нилъги руго хвезе рижарал. КигIан кIудияб гIантлъиха нилъер ккелареб даимлъиги нахъе цун, лахIзат тIаса бищи?! Даимлъи - ахират, лахIзат - дунял.

«Гьаб дунял нилъер ВатIан гуро» - къокъал, амма магIна гъваридал рагIаби. Пикру гьаби кутакалда беццараб буго. Пикру гьабулев чиясе тIубараб гIелму жанибе бачарал рагIабиги руго гьел. Аллагьас нилъ киналго ритIун ккезареги, хIакъаб хIакъаблъун, батIулаб батIулаблъун бихьизабиялдалъун.

ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Мадугьалзабазул лъимер...   Цо тIалаялъ тIадехун ругел цIиял мадугьалзабаз дун махIрум гьаюна кинаб букIаниги парахалъиялдаса. Гьезул лъимер гьоркьоса къотIичIого гIодула яги къаси цо тIубараб мехалъцин бекерахъдула, дванкола. Гьединаб хъуй букIаго хIухьбахъизе санагIалъи букIунаро. Дица...


ХIежалъул хIакъалъулъ цIияб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ къватӀибе биччан буго хӀежалъул тIадал ишал тӀураялъул къагӀидабазул бицараб цӀияб тӀехь. Гьеб басма ккола хӀежалде ине хӀадурлъулел бусурбабазе чара гьечIеб мажмугI. ЦӀияб тӀехь ккола «Дир зиярат» абураб сериялъул бутӀа, гьелда гъорлъе уна...


Гьалаглъиялде рачунеб

Исламалда хъантIи рикIкIуна какарал тIабигIатазул бищунго захIматал, хъубал жалазул цояблъун, дунялалъул лазатаздехун гIорхъолъа араб рокьиялъул кьалбалги жиндир бугеб. Гьеб хасияталъ инсанасул рухIияб гIумру хвезаби гуребги, гьев дунялалда талихI къосиналъеги ахираталда тамихIалъе сабаблъунги...


ДугIаялъул къибла

Аллагьасда ﷻ гьардолеб мехалда бусурбаби, квералги рорхун, зодоре ралагьула. РакIалде ккезе рес буго ТIадегIанав Аллагь лъова тIад вугин абун. Амма гьеб бичIчIи мекъаб буго.   Цо-цо гIалимзабаз баян гьабуна, как базе КагIба къибла букIунеб гIадин, зобги дугIаялъе къибла бугин абун. Гьелъие...


ГIараб мацIалда гIуцIараб тарихияб мажлис

ХIурматиял магIарулал, инкъилаб ккелалде цебе букIараб заманалде раккани, нилъее якъинлъула тIубараб Дагъистаналъулго хъвай-хъвагIай гIараб мацIалда букIараблъи. Гьелде тIаде цо дагьа-макъабго гIажамалдаги букIун буго.   Балагьеха, гьадигIан гIемер батIи-батIиял мацIал жанир ругеб Дагъистан...