Аслияб гьумералде

Зобалазул кагIба

Зобалазул кагIба

Байтул МагIмур (гIемер хьвадулеб мина) ккола зодоб бугеб, амма Маккаялда бугеб КагӀбаялда релълъараб рукъ. Хирияб Къуръаналда «Байтул МагIмур» цо нухалъ гурони рехсечIо. ТIадегIанав Аллагь ﷻ гьелдалъун гьедана. Аллагь ﷻ гьедула кIвар ва жиндилъ хIикмат бугел жалаздалъун, щайин абуни, нилъеда бичIчIизе кигIан кIвар бугеб жо гьеб бугебали. Нилъин абуни цохIо ТIадегIанав Аллагьасдалъун ﷻ гурони гьедизе бегьуларо.

 

ГӀемерисел тафсирчагӀазул рагIиялда рекъон, Байтул МагIмур абураб мина зобалазда бугин абуна. ГӀалимзабазул батӀи-батӀиял пикрабазда рекъон, гьеб зобалазул мина анкьабилеб, анлъабилеб, ункъабилеб яги бищунго гӀодобегӀанаб зобалда бугин абуна.

Байтул МагIмуралда сверухъ, КагIбаялда гIадин, тIафав гьабула. Цогидаб рагIиялда рекъон, 70 азарго малаикас Байтул МагIмуралда сверун тIаваф гьабула, жалги киданиги тӀадруссун рачIунарел.

Къуръаналъул гIемерисел тафсирчагӀаз тасдикъ гьабула Байтул МагIмуралдаги КагӀбаялдаги гьоркьоб релълъенлъи бугилан. Гьез абула, ракьалда хирияб рукъ, ай КагӀба бугеб гӀадин, киналго муъминзабаз зиярат гьабулеб, гьединго зобалаздаги бугин малаикзабаз гӀибадат гьабулеб хирияб рукъ.

Гьединго, гӀалимзабаз абуна зодоб бугеб Байтул МагIмур битӀун КагӀбаялда тӀад бугинги. Адам аварагасул заманалда гьеб гьесие зобалаздаса Ракьалде ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рещтIинабун букIана. НухIил заманалда тIолабго дунял гъанкъидал, гьеб цIидасан зобалазде уна босун. Гьеб заманалда Абу Къубайс абураб магӀарда гьелъул чIегIераб, жинда «ХIажарул асвад» абулеб гамачI цӀунун букӀана.

Гьелъул хӀакъалъулъ имам КъуртIубияс «ЖамигӀу ли-ахӀкамил Къуръан» абураб тӀехьалда хъван буго: «РабигӀ ибну Анасица абуна, Адам аварагасул заманалда Байтул МагӀмур ракьалда букIанин, гьанже КагӀба бугеб бакӀалда. НухӀ аварагасул заманалда гьесул къокъаялда амру гьабун букIана гьенибе хIеж гьабизе, амма гьез амру нахъчIвана. Дунял гъанкъулеб мехалъ Байтул МагIмур зодобе борхизабула ва КагӀбаялда тӀад, битIун зобалазда лъола», - ян.

МухӀаммад аварагасда ﷺ Байтул МагIмур бихьула зобалазде МигIражалъул сордоялъ вахиндал. Анкьабилеб зобалда гьесда Ибрагьим авараг Байтул МагӀмуралда мугъги чӀван вихьула, гIодов чIун.

Байтул МагIмур ккола анкьабилеб зобалъул агьлуялъул КагӀба. Гьединлъидал Аварагасда ﷺ вихьула Ибрагьим Халил Байтул МагIмуралда мугъги чӀван. Гьев ракьалда КагӀба барав чи вукIиналъ, гьабураб гӀамалалда рекъон, ТӀадегӀанав Аллагьас гьев кӀодо гьавун, анкьабилеб зобалда бугеб КагӀбаялде жаниве лъугьине изну кьола. Гьебги Аллагьасдасан ﷻ гьесие бугеб адаб-хIурмат букIана.

 

АрслангIали ГIумаров

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...