Аслияб гьумералде

Чiахiиял гiаламатал загьирлъанищ?

Чiахiиял гiаламатал загьирлъанищ?

ГIисинал гIаламатал загьирлъанин абизе бегьула. Амма чIахIияздасан ккола жеги загьирлъичIел имам Магьди вахъин.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

Дажжал вуго капурав, халкъ къосинабулев, цояб бер беццав, кIиябго бералда бакьулъ капурчийин хъварав, жив Аллагь вугин чIарав, жинда нахърилълъарал жалго толев, нахърилълъинчIезе гIакъуба кьолев, талихIкъарав гьесул рахъалда чIола, талихI кьурас гьесде инкар гьабула.

Цинги ГIиса авараг рещтIуна Дамаскалъул хъахIаб минараялда, Магьдица имамлъи гьабун, гьесда хадуб какги бала ГIиса аварагас, МухIаммад аварагасул шаригIаталда рекъон хIукмуги къотIула.

Гьес Дажжалги чIвала, баракатал цIадалги гIемерлъула, дунялги гIатIилъула, гьес чIужуги ячуна, гьезие лъимерги гьабула, кIикъого соналъ гIадлуги билълъанхъизабун, Магьди хвараб мехалъ Байтул мукъадасалда гьевги вукъула, живгойин абуни Мадинаялда хола, гьенив Аварагасда , Абубакар Ссидикъасда аскIовги вукъула.

Яъжуж-маъжуж абун цIар бугеб цо къавм баккизе буго, жидер рикIкIен гIемераб, ракьалда пасалъи гьабулеб, халкъ гъурулеб. Гьез ГIиса аварагги гьесда иман лъуралги ТIур магIарда сверун кквезе руго. Байтул мукъаддас кодоб босизе буго, нижеца ракьалъул халкъ гъурана, зобалазул агьлугун рагъулел ругиланги абун, зодоре чIорал рехизе руго. ГIиса аварагги цадахъ ругелги Аллагьасда гьардон, Аллагьас гьезул магIазукъалахъе хIутIал-тIутIал лъугьинарун, гьел киналго хвезе руго. Цинги варанабазул гIадал гарбал ругел хIанчIиги тIаде риччан, гьел киналго Аллагьасе бокьараб бакIалде рачун рехизе руго.

Дабатул арзи абулеб цо хIайван баккизе буго, жинда хадув чи гъолареб, тIурун жиндихъа чиги ворчIулареб, кинабго халкъалда гьеб жидер-жидер рахъалдаги бихьулеб, муъминчиясул гьумер гвангъизабулеб, капурчиясул гьумер чIегIер гьабулеб, бусурманчиясде «бусурманчиян» ахIулеб, капурчиясде «капурчиян» ахIулеб, цоясда мун алжаналъул агьлу вугилан абулеб, цогидасда мун жужахIалъул агьлу вугилан абулеб, ислам тун батIиял динал батIулал ругилан кIалъалеб.

БакътIерхьудасан бакъ баккизе буго ГIиса авараг хун хадуб. Зоб бакьулъеги щун, нахъбуссун инеги буго. Лъабго къоялъ тIерхьунги букIине буго, гьеб мехалъ тавбуялъул кавуги къазе буго.

Дунялго цIолеб кIкIуйги баккизе буго, кIикъого къоялъ ракьалдаги букIине буго, капурчиясул ургьибеги лъугьун, гьесул киналго картIаздаса къватIибеги бачIине буго, бусурманчи грипп щварав гIадин вукIине вуго.

Цояб рахъалдаса баккулеб цIаялъ гIадамал Шамалде къотIизе руго, гьел къаси кьижараб бакIалдаги гьез сордо бараб бакIалдаги гьезда цадахъ букIине буго гьеб цIа.

Къуръан абуни ракIаздасаги, мацIаздасаги, тIамчаздасаги бацIцIине буго. Ракьалда Къуръаналъул щибниги жо хутIизе гьечIо.

КагIба биххизе х1абашаталъулалги лъугьине руго, гьеб мехалъ къиямасеб къоги чIезе буго.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...