Аслияб гьумералде

Нилъ – туристазе матIу

Нилъ – туристазе матIу

Нилъ – туристазе матIу

Ахираб заманалда Дагъистаналде гIемерал туристал рачIунел рукIиналда бан, цIиял хиса-басиял ккана халкъалда гьоркьоб. Гьеб суалалда сверухъ гIемераб хабарги букIуна.

 

Щибаб жоялъул рукIуна батIи-батIиял хIалал, бигьалъаби, захIмалъаби, мекъалги тIекъалги рахъал.

Цо рахъалъ туристал рачIин сабаблъун гIемерав чиясе рес щвана жидерго магIишат цIебетIезабизе. Рагьана ашбазал, гьалбадерил рукъзал, бича-хиси цIикIкIана, гьалбал раччизе машинаби къваригIана, нухал къачIана ва гьел гурелги гIемерал тIалабал раккана.

Цогидаб рахъалдасан балагьани, нилъер халкъалъе гIадатияб гуреб тIабигIат-гIамалги ретIа-къайги букIуна тIаде рачIарал гьалбадерил. Гьелда сверухъ гIемераб кIалъайги ккола.

Цо-цояз гьалбадерие малъа-хъваял гьарула хъачIаб куцалда, гьелдалъун питна-хабарги ккола.

Амма жаваб гьечIеб масъала букIунарелъул, диналдеги гIелмуялдеги раккун балагьани, битIараб нух батизе бигьалъула. Щибаб ишалъул букIуна жиндирго къагIида, заман, бакI, чи вихьун гьабулел тадбиралгун адабал.

Исламалъ нилъеда малъула берцинго, адабалда насихIат гьабизе. Гьелъул хIасилги лъикIаб букIуна.

Гьалбадерие бокьула ва гьез цIакъ беццула нилъер тIабигIаталъул берцинлъи, тIагIамаб квен, гIадамазул рукIа-рахъин.

Гьединлъидал нилъеца гьезда гьабулеб дандчIваялда бараб букIуна гьалбадерил нилъер халкъалде, диналде, тIабигIат-гIамалалде бербалагьи ва хутIулеб пикру.

Нилъеца берцинлъиялда, лъикIлъиялда бихьизабуни нилъерго гIумру, тIабигIат-гIамал, диналъул тIалабал, гьелда бараб букIуна нилъер хIакъалъулъ хутIулеб пикру. Рес буго нилъ гьезие матIулъун лъугьун, нилъедаса лъикIабги квешабги мисал гьез босизе.

Гьединлъидал хIаракат бахъизе ккола гьарулел ишал хIасил кколедухъ гьаризе. Нилъ лъикIлъани гьалбалги лъикIлъула.

 

МухIаммад ГIалимчулов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...