Аслияб гьумералде

КIудиял мунагьал

КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.

 

Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим бахъарал гIадамал. Къуръаналда гьезда пасикъзабиян цIарги лъун буго. Хабал гIазабалъул лъабил бутIа мацI гьабиялдалъун букIуниланги абун буго. МацIихъанасул мурад букIуна жиндаса мацI гьабулев чи рихинги жинде мацI гьабулев чиясе живго лъикI вихьизе бокьиги. Жинде мацI гьабурав чи мацIихъанасда разилъизеги, гьесда тIад рекъезеги кинго бегьуларо.

Щайин абуни, тIоцебе дуе зарал гьабурав чи мацIихъан ккола, гьес диналъул вацасдаса дуда квешаб жо бицун букIинчIебани, мун ракI парахатго вукIинаан. Дуде мацI гьабулев чияс дуда нахъасанги мацI гьабула. Гьереси бицинги, гъибат гьабиги, рекIкI гьабиги, хиянат гьабиги, хIалхъублъиги, хIасадги, гIадамазда гьоркьоб тушманлъи ккезе бокьиги - гьел чорокол хасиятал чорхолъ ругев чияс гурого мацIихъанлъи гьабуларо.

МацI гьабун вачIарав чиясда аскIоб анлъго жо гьабизе ккола. ТIоцебесеб, гьесда божизе бегьуларо, кIиабилеб - мацI гьабугеян абизе ккола, лъабабилеб - Аллагьасе гIоло гьесда ццим бахъине ккола, ункъабилеб - дурго вацасдехун дулъ квешаб хивал бижизе бегьуларо, щуабилеб - мацIихъанасдаги божун, мун дурго вацасул гьес бицараб гIайиб цIехезе лъугьине бегьуларо, анлъабилеб - мацIихъанас дуе гьабураб мацI цогидазеги бицун, мунго мацIихъанлъун лъугьине бегьуларо.

Бугьтан лъей ккола гьечIеб жо чиясде гIунтIизаби. Судалда, доба-гьаниб дагIбадиялде ккарал бакIазда гьересияб нугIлъи гьаби - гьебги бугьтан ккола. Гъибаталъул бугебги, гьелдаса цIикIкIунги мунагь букIуна бугьтан лъолев чиясе. ХIадисалда буго: «Бусурбанчи суризавизелъун гьесда тIасан гьечIеб цо рагIи тIибитIизабуни, Аллагьас тIаде босулеб буго гьев жужахIалъул цIадав виинавизе (вухIизе, рахъу лъугьинабизе) ва гьев гьеб хIалалда гIазабалъулъ вукIине вуго халатаб заманалда», - ян. (ТIабарани)

Цоги хIадисалда буго: «Муъминчиясулъ гьечIеб жо абураб чи Аллагьас «радгъатул хабал» абураб жоялъулъ чIезавизе вуго жужахIалда», - ян. (ХIаким, Абудавуд, ТIабарани)

«Радгъатул хабал» абула жужахIалъул агьлуялъул чурхдуздаса чвахулебщинаб чороклъиялда.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...