Аслияб гьумералде

ЗахIмат гьабуге, роххизаре...

ЗахIмат гьабуге, роххизаре...

Руччабазе цо-цо малъа-хъваял

ЯцIцIадай, намус цIунарай лъади гIадамазда гъорлъе яхъине рекъараб буго цохIо росгун цадахъ, гьев сапаралда вугеб мехалъ, гьелъие рокъоб чIейго лъикIаб бугин хъвалеб буго греказул цо гIакъилав чияс.

- Росасда гьоркьор хIеренго рукIа. Гьесда цебе берцинаб ретIел ретIе. ХIалтIуде унел ратичIони, къоялъ пижама-халгIаталъулъ хьвадуге.

- Сахаватлъиялъги берцинаб гIамалалъги рос асир гьавулей хIалимай лъадуе хIинкъизе бакI гьечIо гьев цогиялъ «викъиялда».

- Рос рокъове вачIиндал, гьесде тIаделъуге. Гьев те хIухьбахъи гьабизе.

- «Мун сундул ургъалида?» - абун гьикъуге росасда.

- ГIемерал гогьдаруге, гьаб къваригIун бугин, доб къваригIун бугин. Бугелде рецц гьабун рукIа.

- Дудаго ва росасда гьоркьор ругел масъалабазул бицунге. Росасда гIайиб бугониги, гьев лъиениги какуге.

- Якьадгун хIеренго ва гьуинго йикIа. Цинги росги вукIина гьединго дур эбелгун.

- Исламалда рос-чIужуялда тIадал шурутIал лъазаре.

- Рос рокъове вачIиндал, гьесие нуцIа рагье, урхъун йикIараблъи бихьизе. Недегьго гьиме ва къвал бай.

- Рокъоб рацIцIалъи чIезабе.

- Росасда мун берцинав, лъикIав, цIодорав вугин абе.

- Росасул гIагарлъиялъухъе телефоналъ кIалъай, гьоболлъухъе а ва нужехъего ахIе.

- Рокъоса гIебеде гIиси-бикъинаб хIалтIи гьабеян гьаре ва гьабун хадуб баркала кье, рецц-бакъ гьабе.

- Росас бицунелъухъ гIенекке. Гьелда тIасан суалал кье, интерес ва гIинтIамун букIин бичIчIизе.

- Гьес гьабулеб ишалъе рецц-бакъ ва кIвараб кумек гьабе.

- РакI-ракIалъ баркала кье кванихъги рукъалъухъги. Гьеб чIезабиги кIудияб иш буго.

- Росасда ццин бахъун йигони, «дун дуде ццидахун йиго», - ян абуге, «дуца дир ракI хвезабуна», - ян абе.

- Нужеего бокьун бугеб жо битIун абе, гьабдай, добдаян васвасдизе тIамичIого.

- ЦIакъго лъикIаб букIина лъадуца жиндиргоялдаса цIикIкIун росасул эбел-инсул адаб-хIурмат гьабизе жигар бахъани ва цо кинаб бугониги ракIбакъвай ккани, жиндиргояздаса бахчун, росасул эбел-инсуда гьеб бицани.

- ГIиси-бикъинаб жо сабаблъун питна багъаруге.

- Йоххун йикIа, махсаро-хочI гьабе, амма гIурхъи лъай.

- ГIакъилай лъади састун чIела ццин бахъарав рос ахIдон ва хьандон вахъинегIан, цинги гьев сасараб мехалъ кIалъала гьев гIодове виччазавизе ва ракIбатизабизе.

- Россабазе мутIигIлъиялдалъун лъудби мустахIикълъула реццалъе ва хIурматалъе

МухIаммад аварагас ﷺ абун буго: «Бигьа гьабе, захIмат гьабуге, роххизаре, нахъе цуге!», - ян (Бухари).

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...