Аслияб гьумералде

ГIакълабазул гъамас

ГIакълабазул гъамас

ГIакълабазул гъамас

Цогидазда цебе дурго чинал ва хъулухъал кIочон те. Цогидазда цере ккарал дурго мунагьал рекIелъ цIуне. Цогидаз дуе гьабураб лъикIлъи кIочене биччаге. Цогидаз дуе гьабураб квешлъи тIаса лъугьун те.

***

РекIелъ рохелги гвангъиги бугони, бецIаб ракьул гвандинибги зобал кенчIола. РекIелъ бецIлъиги пашманлъиги бугони, бакъул канлъухъеги шайтIаби гIемерлъула.

***

Квешлъи гьабурас гьеб гIадамаздаса бахчулеб бугони, гьев битIараб нухде ккезеги рес буго. ЛъикIлъи гьабурас гьелъул бицун гIакIа ахIулеб бугони, гьеб ккола квешлъи гьаби.

***

Бечелъиялъулъ ва рецц-бакъалъулъ гIуразулъ хIасратал, цIа гIадин, гьелегьун рукIуна. ХIакимлъиялде ругел къасдал релълъун рукIуна багIарараб коралда. РацIцIалъиялъул гьороца гьединал чагIи цIорозаричIони, гьез жалгоги цогидалги рухIула.

***

Инсанасулъ хъантIиялъул рахъалъ цо пикру бижанигицин гьесул къвакIи - тамахлъиялде, гIакълу - ахIмакълъиялде, рахIму - согIлъиялде, рацIцIалъи - хъублъиялде сверизе буго. Гьелъин умумуз сахаватлъи багьадурлъилъун рикIкIунеб букIараб.

***

Инсан лъазе гьедигIан бигьалъуларо. Амма бигьаго лъазе кIолев мустахIикъав гьечIо гьудуллъун кквезе.

***

Кидаго жив витIаравин чIолесул ракI хъачIлъун букIуна.

***

Берзул канлъи ва гIинзул рагIи – къватIисел хъачагъал. Хьулал ва къасдал – жанисел хъачагъал. Хважаинас гьел ургъел гьечIого тани, гьел хъачагъал гьесул хIакимзабилъун лъугьуна.

***

Рижи берцинав чи киназего вокьула. ГIаданлъи бугес дагIба цIодорго лъугIизабула. ГIакъилав чияс цогидазул рахIат хвезабуларо. РакIбацIцIадав чи чIухIдаруларо. Гьединал гIадамалги релълъуна тIинчIнайил гьацIуда, кванилъ рекъон ккараб цIамуда. Гьебги ккола инсанасул тIадегIанлъи.

***

АнцIго гъурущ бихьидал гьурмал кьер хисулесухъа бажаруларо гьитIинаб росдаецин нухмалъи гьабун. Нусго гъурущ бихьидал кьер хисулесухъа бажаруларо аскаралъе нухмалъи гьабун.

Аллагьас кумек гьабеги!

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...