Аслияб гьумералде

Дин ккола насихIат

Дин ккола насихIат

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна хIакъикъат нилъеда бичIчIизабизелъун.

 

Гьединаздасан ккола Лукъманул ХIакимил цо-цо насихIаталги.

  1. Я, дир вас! Дуца Аллагьасукьа ﷻ хIинкъаразул гурони квенги кванаге ва гIакълуги дандбай хIакъикъиял гIалимзабазулгун.
  2. Мун вукIа лъикIал чагIазе лагълъун, амма вукIунге квешазе гьудуллъун.
  3. Я, дир вас, хIусудчиясул лъабго гIаламат буго. АскIов гьечIеб мехалъ гьудуласде гъибат гьабулеб, вихьараб мехалъ хIелхIедулев, дуде балагь щвараб мехалъ вохулеб.
  4. Мун чияде хIажалъулареб хIалалъ вукIа, божаравлъун вукIина.
  5. Дуца дурго кIалдиса къватIибе бачIунеб калам ккун чIезабе, мун вуцIцIун чIанагIан мунагьаздаса цIунун хутIила, дуца гьабизе кколеб калам буго дуе жиндаса ахираталъе пайда бугеб.
  6. Дуца Аллагьасе ﷻ тIагIат-гIибадат гьаби дурго даран-базарлъун гьабе, матахI-къайиго гьечIого дуе хайир щвела.
  7. Дуца азарго гьудул ккве, азаргоги дагьав вуго. Дуца цониги чи тушманлъун гьавуге, тушман цохIоги гIемерав вуго.
  8. Дуца хIикматалда тIадчIей гьабе, мун гьелдалъун хиралъила. Дуца гьеб кIодо гьабе, мунги гьелдалъун кIодолъила, хIикматалъул тIабигIатазул бищун тIадегIанаб жо ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ дин ккола.
  9. Дуца тавбу гьаби нахъбахъуге, хвел ракIалдаго гьечIого бачIунин.
  10. Жинца гIадамалги живгоги ращад гьарурав ритIухъав чиясул хиралъи ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цIикIкIинабула.
  11. Бокьараб яги рихараб цо жо дандчIвараб мехалъ, дуца цIуни гьабе гьелдалъун, дур рекIелъе ккеялдаса гьеб дуе лъугьараб гуреб, цоги жо дуе маслихIатаб букIинаанилан.
  12. Дун чанги пашманлъана цо жо абиялдаса, амма киданиги пашманлъичIо кIалъачIого чIеялдаса.
  13. Налъукье ккеялдаса цIуне, гьеб буго къад инжитлъи ва къаси ургъел.
  14. Гьардеялдалъун дуца дурго нич инабуге, дуца даруги гьабуге дурго цциналъе къватIив чIвазавиялдалъун. Дуда дурго къадру лъай, дуе гьелдалъун магIишаталъе кумек букIина.
  15. Воре, мун цIунун чIа гIалимзабигун дагIбадиялдаса. ХIикмат зодаса бацIцIадго рещтIуна ва гьеб лъаларо жидеца гьел жидеего бокьарал жалазде сверизарулел гIадамазда.
  16. ГIиси-бикъинал жалин дуца умурал кIвар гьабичIого тоге, гьел метералде чIахIияллъун лъугьунин.
  17. Я, дир вас, кида дандчIвалебали лъалареб жо буго хвел, мун гьелде хIадурго вукIа, гьеб тохлъукьего бачIинчIого букIине.
  18. Мун лъикI гIенекке дудаса цIикIкIарас абулеб жоялъухъ.
  19. Дурго гьудулзаби лъелго унел рихьани, мунги а лъелго гьезда цадахъ, гьел хIалтIулел ругони, гьелгун хIалтIе.

 

 

МухIаммадрасул Загиров

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...