Аслияб гьумералде

Гьалищ бусурбаби...

Гьалищ бусурбаби...

Бусурбабазул хасияталдасан буго бицунеб рагIулъ, гьабулеб гIамал-насихIаталъулъ хIеренал, гIенеккарас жинда абураб рагIи къабул гьабуледухъ рукIин. Гурого, абулеб рагIиги гьабулеб пишаги согIаллъун, хъачIаллъун ругони, нахъасан ралагьараз, килищги битIун, рихьизаризе руго нилъ, гьалищин бусурбаби, гьадинабищин гьезул гIамал-хасият букIунебинги абун. ХIакъикъиял бусурбаби ккола жидеде ралагьараз мисал босулел, Аварагасул гIамал ккун хьвадулел.

 

Исламияб дин бачIиналде цебе гIарабал рукIун руго хъачIал, согIал чагIи. Цо нухалъ Авараг ﷺ мажгиталда вукIаго гьениве вачIуна гIалхул гIарабияв. Гьес, бокIнилъеги ун, хIажат тIубала. Гьеб бихьидал мажгиталда рукIарал асхIабзаби гьев гьесде семизе тIаде рахъуна. Амма Аварагас ﷺ гьел чIезарула ва абула: «ХIажат тIубан лъугIизегIан те», - ян. Хадуб гьев асхIабзабаз Аварагасда ﷺ аскIове вачана. Аварагас ﷺ гьев чиясда мажгит щиб бакI кколебали бичIчIизабуна ва цинги абуна дуца гьабураб гIадаб гIамал гьаниб жаниб гьабизе рекъоларин. Жинца гьабураб бусурбабазул ракI хвезабулеб, гьезул ццим бахъинабулеб иш бугониги, Аварагас ﷺ жиндехун гьабураб хIеренаб калам бихьун, гьев гIарабияс гъалатIккей загьир гьабула ва гьеб бакIалда исламги къабул гьабула. Гьединаб жо буго хIеренаб нух цIуни.

Аллагьас ﷻ Къуръаналда МухӀаммад аварагасе ﷺ сипат гьабун гьев ﷺ вихьизавулев вуго рахӀмуялъул авараглъун. «Нижеца мун рахӀмулъун гурони витӀичӀо», - абун (суратул «Анбияъ» 107 аят). Живго Аварагасги ﷺ абун буго: «Аллагь ﷻ гурхӀулев вуго, Гьесие бокьула кинабго жоялъулъ хӀеренлъи», - ян (Бухари, Муслим).

Нилъер умматалъул чIахIиял имамзабазгун вализабаз насихIат гьабулелъул, мунагьалдаса нахъегIанаб гIамалалдаса гьукъулелъул, гьезда кIолаан берцинаб рагIи, бакI, заман батун абизе. ГIадатиял бусурбабазги хIаракат бахъизе ккола дандиясе малъа-хъвай гьабулелъул, бачIинахъего къотIун гуреб, берцинаб рагIи батун бичIчIи кьезе, лъикIалде кантIизаризе.

Тасаввуфалъул чIахIиял гIалимзабазгун устарзабаз тамахлъи, хIеренлъи, цогиязда хIал рекъезаби рикIкIуна Аллагьасде ﷻ щвеялъул нухда чара гьечӀеб хасиятлъун, къватӀисеб хьвада-чӀвадиялда халлъулеб жанисеб хӀаллъун. Имам Гъазалияс хасаб кӀвар кьолеб букӀана ракӀ лъикIлъиялъе къагӀида хӀисабалда хIалтIизабиялъулъ хӀеренлъиялде. Гьес хъван буго: «ХӀеренлъи буго, бакъвараб ракьалъе лъим гӀадин, согIлъараб ракӀалъе дару. ХIеренлъиялдаса гIицIлъараб ракI релълъараб буго жибго жинда тIад бижулареб кьуруялда», - абун. Гьес бицунаан, хӀеренлъи бачӀунин лагъасда жиндирго гӀунгутӀабиги Аллагьасул ﷻ махлукъаталдехун бугеб гурхӀелги бичIчIиялдаса абун.

Жалалудин Румияс хӀерен-лъиялъе баян гьабулаго хъван буго: «ГамачӀ гӀадин кьварараллъун гурел, лъеда релълъун хӀереналлъун рукIа. Чвахун иналдалъун лъиналъ гамачӀ цIвакизабула, гамачӀалъ абуни, гьеб кьабурав лъукъула», - ян. Румиясда хӀеренлъиялъулъ бихьана ракӀал хӀакъикъаталдехун цӀалеб илагьияб берцинлъи загьирлъи. ХӀадисалда буго: «ХӀалимлъи жиндилъ гьечIев кинабго лъикӀлъиялдаса махӀрумлъарав вуго», - ян (Муслим).

 

Кин букIинеб хIеренлъи?

Жиндехунго хӀеренлъи – гӀибадаталъулъ гӀорхъолъа арал, кьварарал жал гьаризе тIамунгутIи, хадубккун гьелъ жиндир рухӀ свакаялде ва унтиялде бачине бегьулеб. Суфизабаз абула: «Дур черхалъул дуда тӀад хIакъ буго», - ян. Дуца жиндие гьабуралъухъ Аллагьасда ﷻ цебе жаваб кьезе бугеб.

Цогидаздехун хӀеренлъи – гьезул загӀиплъабаздехун сабру гьабун хӀехьолеб бербалагьи. Ццим бахъинабиялдаса тӀаса лъугьин, лъикӀаб рагӀи аби, гьезул хIажатал тIурай, кумекалъулаб квер бегьи, садакъа-хайрат гьаби, зарал-зиян бугони, гьеб баччи. Цояс абун буго: «Чияр гӀайибал рихьулев, амма жиндиралго рихьуларев вуго цогидазда нух бихьизабулев беццав чиясда релълъун», - абун.

ДагӀваталъулъ хӀеренлъи – гӀакълугун, берцинаб насихӀатгун исламалде ахӀи. Къуръан-хIадисалъ бихьизабураб къагIидалда рекъон: «Дурго Аллагьасул ﷻ нухде ахӀе гӀакълугун ва лъикӀаб насихӀатгун», - ян абухъе (сурату «ан-НахIл», 125 аят).

ДандеккунгутIаби, дагIба-рагIиязулъ хӀеренлъи – дандиясулги каламалъухъ гIенекки, жиндирго рагIи ккун чIунгутIи, кидаго живго витIаравлъун вукIине бокьунгутIи. Къун чIун бергьинги берцинаб хасият буго.

 

Кинаб букIинеб насихIат гьаби?

ШаргIалдаса бахъун ккараб пиша гьарулел нилъерго чагIи рихьидал, бачIинахъего носоца къотIараб гIадаб жо гьабизе бегьуларо. Абулеб рагIи, бихьизабулеб гIамал букIине ккола дандияв кантIулеб, берцинаб, хIеренаб. Жиндир рагIиялъухъ гIинги баларин, хIасилги ккеларин ракIалде ккани, цоги санагIатаб заманалда абизе тарабги рекъараб букIуна.

НасихIат гьабулелъулги кигIан мекъаб дандияс бицунеб бугониги, гьесул рагIабазухъги гIенеккила. Щайин абуни, гьедин гьабиялъ дандиясулги рекIей бигьалъи лъугьуна, гьевги нилъехъ гIенеккиялъе сабаб букIуна.

ГIабдулкъадир Жиланияс абулеб букIана: «Унго-унгояб къуват букӀуна хӀажатаб мехалъ хӀеренго вукӀине бажариялда жаниб. КъвакӀараб жо (гIемерисеб нухалъ) биххула, амма хIеренаб жо гьетIула ва жиндирго аслияб формаялде тӀадбуссунеблъунги букӀуна», - ян. Гьес хӀеренлъи рикӀкӀунаан рухӀияб рахъалъ камиллъиялъул ва напсалда тӀад кверщел гьабиялъул гӀаламатлъун.

Аллагьас ﷻ киназего тавпикъ гьабеги лъикIалде гьесизе, квешалдаса рикIкIалъизе, нилъее гьабураб насихIатги къабул гьабизе!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


ННТялъ бергьенлъи босана

МахӀачхъалаялда тIобитIана «Журналистазул вацлъиялъулаб кубок» абураб цIаралда гъоркь мини-футбол хIаялъул рахъалъ турнир. Байбихьуда ННТ команда, ГТРК «Дагестан» командаялдасаги бергьун, борчIана плей-оффалде ва гьенибги медиакомандаялдаса 5:2 хӀисабгун бергьана. Финалалда гьел дандчIвана...


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...


ХIикматал махлукъатал

Квокка Квокка ккола унго-унголъунги гIажаибаб ва цIакъ хIикматаб хIайван. Гьелда абула «Ракьалда бищун талихIаб хIайваниланги». Гьаб ккола кенгуруялъул хъизамалдаса гьитIинабго хIайван. Гьелъул кIодолъи-гьитIинлъи буго гIага-шагарго рукъалъул катил гIадаб. Черхалъул халалъи: 40-54 см,...


ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

Унти буго Аллагьасул ﷻ рахIматазул цояб, гьелъ загьир гьабула инсанасул загIиплъи ва хIалкIвей гьечIолъи. Унти рикIкIуна гIицIго черхалъул къварилъилъун гуребги, иман щула гьабизе бачIараб хIалбихьилъунги мунагьал чурулеб алатлъунги. ХIадисалда бицараб кинниги, унтараб мехалъ сабру гьабиялъ...