Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ малъа-хъваял

Аварагасул ﷺ малъа-хъваял

ТIадегIанав Аллагьас муъминчи дунялалдаса цIунула, рехъада гурхIулев вехьас жиндирго рехъен гьеб гьалаг гьабулел мучIдуздаса цIунулеб гIадин.

Бусурманчияс квербакъеян абе зулму гьабулесеги мазлумасеги:

Зулмучи ватани, гьев зулмуялдаса нахъчIвайилан абе, гьеб гьесие квербакъи ккола; мазлум ватани, гьесиеги кумек гьабеян абе зулмуялъукьа ворчIизе. (Муслим)

Щив чи вугониги цо бакIалда тIадчилъун тун, ва Аллагьасе бокьун гьесие лъикIлъи гьабизе, Аллагьас гьесие лъикIав вазир кьола, гьесда кIочани, ракIалде щвезабулев, гьесда жиндаго лъани, кумек гьабулев. (Насаи)

Абугьурайратица абуна, дица гьикъанин Аварагасда , гIадамазул бищун лъикIал кинал кколелилан. Гьес абунин: «БетIергьанасукьа цIикIкIун хIинкъулел, гIагарлъи хурхинабизе цIакъал, лъикIалдалъун амру гьабулел, квешалдалъун нагью гьабулел», - илан. (Байгьакъи)

Мазлумасда цадахъ гьесие щвезе кколеб боцIи тIалаб гьабизе кумекалъе арав чиясул Аллагьас Къиямасеб къоялъ сиратIалъул кьода тIаса цогидазул хъущтIулеб мехалъ, хIатIал хъущтIизе толаро. Аллагь гурхIулев вуго ва кинабниги ишалъулъ гурхIел букIинеги бокьула Гьесие. (Бухари, Муслим)

ТIадегIанав Аллагьасе вокьула Жиндаса хIинкъарав, мунагьаздаса вацIцIадав, бугелда гIей гьабулев, разияв, вахчарав лагъ, ай машгьурлъи бокьуларев. (Муслим)

Нужер цоясул ццим бахъараб мехалда, гьес «АгIузу биллагьи мина щайтIани рражим» абе, гьесул ццим гIодобе буссина. (Бухари, Муслим)

Нужеца гIадамазда гьоркьоб маслихIат гьабе, ТIадегIанав Аллагьас ахираталда Жиндирго лагъзадерида гьоркьоб маслихIат гьабула. Щив чи вугониги 17, 19, 21-абилел къояз хIижамат гьабун (би биччан), гьеб гьесие киналниги унтабаздаса дарулъун букIуна. (Абудавуд) Чияс чIаго ва сахлъиялда вугеб мехалъ цо динар садакъаде кьей гьесие лъикIаб буго холеб мехалъ нусго кьеялдаса. (Абудавуд, ибну ХIиббан)

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...