Аслияб гьумералде

Хварал нухда регIулев

Хварал нухда регIулев

«Хвел-хоб кIочараб, къойил холел гIадамазул хабар рагIаниги нилъго хвелин ракIалдецин кколареб гIажаибаб дунял бачIун буго». Гьединал пикрабазда вукIаго, ракIалде бачIана хварал чагIи чурулев чиясулгун гара-чIвари гьабизе лъикI букIинаанин абураб пикру. ЦIех-рех гьабулаго, гьединав чи ватана МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда – Болъихъ районалъул ГIалахъ росулъа Мисриханов Расул.

 

- Расул, кин мун гьаб ишалде ккарав?

- Дир гIумруялъул буго 43 сон. МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталде хIалтIизе вачIаралдаса буго 20 сон. Жакъа гIадин ракIалда буго риидалил моцIалъул арбагI къо, къаденахъе гIуж. Абун гьечIищха: «АрбагI къоялъ байбихьараб рагIалде бахъунин», - абун.

Гьаниве вачIиналде чанго нухалда щун вукIана гьаб мажгиталде, как базе.

Цо къоялъ гьаниса унаго ракIалде ккана, гьаб Аллагьасул рокъов хIалтIизе щвани бокьилаанин абун. Гьединаб нияталда лъугьана мажгиталъул азбаралде ва, АлхIамдулиллагь, Аллагьасул хIукму букIун бугоха гьанив хIалтIизе.

Киданиги хварав чи чурулеб хъулухъалде ккелин абураб пикруцин букIинчIо. АхIмад абун мажгиталъул хIалтIухъан вукIана дова, гьес малъараб гьабулев вукIунаан дунги. Гьедин ана гIага-шагарго бащадаб лъагIел.

Цо къоялъ дун витIана хварал чагIи чурулеб тадбиралъе кумек гьабизе. РакIалдаго гьечIого, дагь-дагьккун кумекчилъун хIалтIулаго, заманалдасан гьеб иш тIубанго дида тIадкъана. Гьедин байбихьана хIалтIулаб нух.

 

- ГьитIинав гIолохъанчи хIинкъулев вукIинчIищ хварав чи вихьидал?

- ТIабигIияб хIинкъи гьечIев чи вукIинищха, дун дагь-дагьккун гIагарлъана хвел-хобалъул тадбиразде. Заман анагIан бихьана ва лъана гьеб хIалтIул жавабчилъи. Гьеб кутакалда захIматабги чара гьечIого гьабизе кколебги иш букIиналъ, дидаго лъачIого, хIалтIуде гъорлъе ккун ватана.

 

- Чан чидай дуца хIадур гьавун, ахирисеб сапаралде витIарав?

- Гьединаб сияхI дица гьабун букIинчIо, чIванкьотIун чурарал чагIазул къадар рехсезе кIоларо. Амма щибаб къойил гIадин чурулел гIадамазул хIисаб гьабуни, чанго азариде бахина.

 

- ГIажаибаб, ракIалда чIараб цониги лъугьа-бахъиналъул бицинарищ?

- Жибго чи вижин ва хадуб хвел бачIун гьес дунял тей гьечIищ гIажаибаб, пикру гьабизе ккараб жо. Амма гIемерал соназ хIалтIулаго батIи-батIиял хварал чагIи чуризе ккана. РакIалда чIараздасан рукIана цо-цо гьурмада нур бугел, цIакъ берцинаб махI жидедаса бугел гIадамал.

 

- Бищунго захIматаб жо щиб букIунеб дур хIалтIулъ?

- Хвел батIи-батIияб букIуна, масала, хун чанго къо бараб, лага батIалъараб, тIутIураб, бихъараб, турараб, би чваххун гурого чIолареб ва гьелда релълъараб. Щивав чиясул жиндир хаслъи букIуна.

 Жаназа чуриялъул рихьизарурал шурутIал, адабал рукIуна. Бищун дагьаб къадар буго кинабго черхалде лъим щвезаби, тIад чороклъи батани, гьеб нахъе инаби.

Хварасда гурхIизе ккола, чурулеб мехалъги берцинго, тамахго, адабалда, гурхIел-рахIмуялда, мухIканго тIоритIизе ккола жаназаби чуриялъул тадбирал.

 

- Дуда хварал гурелги гьезул гIага-божаралги рихьула, гьелгун кIалъалеб мехалъ сабруяб калам гьабизе кколеб батила?

- ГIемер батIи-батIиял гIада-малги рихьула, хвел къабул гьабиги, сабру гьабизе кIвейги щивав чиясул батIи-батIиябги букIинарищха. Гьезул ракI батизе, бажарараб куцалда хIаракат бахъула дицаги.

Гьединго мажгиталде рачIаразда дица гьикъула нужецаго чуризе бугищ жаназаян, нужер чи ватани, нужецаго чуризе ихтияр букIунин.

БукIине рес бугелъул хварасул васият жив пуланас чуре, вацас чуре, васас чуре абун. ЦIакъго-цIакъ къанагIат гурони жидецаго чурилин абулел рукIунаро. Амма нилъеда лъалаха, гьеб буго фарзул кифаят.

ГIадатиб хвел чуризегIаги лъачIого яги гьеб лъазе тIалаб гьабичIого чIей муъминчиясда рекъараб букIинаро, щивав бусурбанчиясда лъазе кколелъул гьеб.

Нилъ ругьунлъун ратила цо хасал чагIаз гьеб хIалтIи гьабун, бугониги бищун дагьаб къадаргIаги лъачIого бегьиларо, жиндего ккун хутIизеги рес бугелъул.

Масала, цо росулъ яги шагьаралда чи хвани, гьеб бакIалъул агьлуялда тIалъула гьев чи чуризе, ай ункъо паразияб жо гьесие гьабизе: чуризе, мусру базе, жаназадул как базе ва вукъизе.

ТIоцебесеб иргаялда, гьеб тIадаб бугоха хварав чиясул цересел чагIазда, ай жидецаго чурун, чуризе чи тIалаб гьавун.

Амма кутакалда беццарабги рекъарабги буго, бищун цевесев, ай гьесда цIикIкIун гурхIулев чияс гьев чуризе. Чурулелъул гурхIелги, дугIаялъул даимлъиги, ракI бекиги цевесев чиясул гIадаб букIинищха.

Жиндаго гьеб парз лъазе бокьарав чиясе тIахьалги руго, хасго нилъер муфтияталъ бахъараб, кинабго чара гьечIебщинаб гъорлъе бачараб берцинаб тIехь буго «Погребальный обряд в Исламе» абураб.

 

- Дуца кинаб насихIат гьабилеб газета цIалулезе?

 - Нилъее насихIатал гьарун руго хирияв Аварагас ﷺ.

Киназдаго лъала гIоло-хъанавин, сахавин, бечедавин, херавин, унтаравин абун течIого, бокьараб мехалда бачIине рес буго хвел. Гьелъ хирияб Къуръаналда ва Аварагас ﷺ нилъее заман-бакIалда рекъарал насихIатал, малъа-хъваял гIемер гьарун руго. Гьеб хIалалда Аварагасул ﷺ ирсилаз-гIалимзабаз, церехъабаз малъараб гьабуни, нилъ битIун ккола.

Диналъ гIемер хвел рехсезе малъула нилъеда. Масала, имам Гъазалияс абун гьечIищ сордо-къоялда жаниб бищун дагьаб къадар радал-къасигIаги хвалил пикру гьабейин. Къад къоялъги абейин «Гьаб къо гурони, къаси сордо батиларин жиндиеян», къаси абейин «Гьаб сордо гурони метер къо батиларин» абун.

Нилъер тIарикъаталъги малъуларищха радал-бакъанида хвалил пикру гьабизе, щайгурелъул, хвел-хоб ракIалда щвеялдалъун Аллагь рехсеялде рачуна.

Нилъ ругьунлъизе ккола Аллагь рехсеялда даимлъун рукIине.

Хасго щибаб каламалда хадубго Лаилагьа илла Ллагь абун, ахирасеб калам Ла илагьа илла Ллагь ккезе. Ахирасеб калам Ла илагьа илла Ллагь абун ккарав чи Алжаналде унин бугелъул.

Масала, гIемерисел жужахIалде рехулел чагIи - кIалзул мунагьал сабаблъун рехулин абураб хIадис нилъеда лъала.

Гьединлъидал, нилъее лъикI буго кIал Аллагь рехсеялде машгъул гьабуни. Аллагьас тавпикъ кьеги.

Бакълъухъа КIудиясул (къ.с.) назмуялда буго:

«Толеб гьаб дуниял диналда аги,

Даимаб ахират рохараб кьеги», - ян.

 

Диналъул хIубиго как бугеблъи лъалаха нилъеда, как лъикIлъани, нилъги лъикIула.

ХIасан-афандияс (къ.с.) абун буго: «Щибаб как байила ахирисеб балеб бугеб гIадин. ХIакъикъаталдаги нилъеда лъаларелъул ахир кибе щун бугелбали», - ян.

Назмуялдаги гьечIищха Аварагасул ﷺ хирияб рухI босулелъул гьабураб васият:

«Каранде рухI бахиндал,

вореги, как-кIалилан

Васият гьабулаго жиндир

калам къотIана.

КIал багъарулеб бихьун,

кIалалде гIин тIамидал,

Уммати умматиян ахираб

калам ккана.

Жиндирго рухIалдаса уммат

хирияв ХIабиб,

Гьесул суннат кквечIони,

буго нилъеда гIайиб».

 

Расул Мисрихановасул махщел буго назмаби хъвазеги. Гьесул цо назму бахъулеб 5-абилеб гьумералда.

 

 

Гара-чIвари гьабуна МухIаммад ГIалимчуловас

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Мунагь теялде рачунел ишал

ГъалатI ккеялдаса инсан цIунарав гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго мунагьалде кколевлъун.   Мунагь гьабиялда цоял къанагIатлъула, цогидал гIемерго даимлъула. Кинниги мунагь гьабиялдалъун инсанасул Аллагьасул ﷻ гурхIелалдаса хьул къотIизе бегьуларо. КигIан захIматал ишазулъгицин...


Иблисалъе вокьулев

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасулъ рижун руго реццарал ва какарал тIабигIатал. Реццарал тIабигIатал Аллагьас ﷻ кьурав чиясда тIадаб буго гьезухъ шукру гьабизе, амма какарал тIабигIатал ругони, гьес кIвараб хIаракат гьабизе ккола гьел тIагIинаризе.   Бахиллъи, къарумлъи, барахщи – гьал...


Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.   Гьединаб суннатаб какалдасан буго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...


ТалихIаллъун рукIине ккани…

Исламалъ нилъеда малъула ТIадегIанав Аллагьас кьураб, кигIан гьитӀинабги нигIматалъухъ шукру гьабизе. Нилъедайин абуни, Аллагьас Жиндир рахIмуялдалъун кьураб нигIмат, нигIматлъунцин бихьулеб гьечӀо. Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIинабила,...