Аслияб гьумералде

ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

Унти буго Аллагьасул ﷻ рахIматазул цояб, гьелъ загьир гьабула инсанасул загIиплъи ва хIалкIвей гьечIолъи. Унти рикIкIуна гIицIго черхалъул къварилъилъун гуребги, иман щула гьабизе бачIараб хIалбихьилъунги мунагьал чурулеб алатлъунги. ХIадисалда бицараб кинниги, унтараб мехалъ сабру гьабиялъ бусурбанчиясе кIудияб кири кьола БетIергьанас ﷻ.

 

Унти сабаблъун чурула мунагьал. Хирияб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Кинаб бугониги талихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи бусурбанчиясде тIаде бачIани, хIатта заз къарабгIанасебцин, Аллагьас ﷻ гьеб сабаблъун гьесул мунагь чурула», - абун (Бухари, Муслим). Хвалда цебе унти щварав чи вугони, гьеб гьесие лъугьина Аллагьасда ﷻ дандчIвалалде мунагьаздаса вацIцIалъилъун.

Макъам цIикIкIин. Инсанас сабруялдалъун тIаде щвараб унти хIехьани, Аллагьас ﷻ гьев Алжаналда гIадатиял гIамалаздалъун щвезе вукIинчIеб тIадегIанаб даражаялде вахинавула. «Унгоги инсанасе Аллагьасда ﷻ цебе тIадегIанаб макъам щвезе бегьула, жиндир (лъикIал) гIамалаздалъун щвезе кIвезе букIинчIеб, БетIергьанас ﷻ жив гьеб даражаялде вахинегIан рекIее гIоларел жалаздалъун батIи-батIиял хIалбихьиял гьариялдалъун», - ин абун буго хIадисалда (ибн ХIиббан).

ГIамалалъухъ кири кьей. Унтиялъ суннатал какал яги кIалал кквезе квалквал гьабулеб бугони, Аллагьас ﷻ Жиндирго цIобалдалъун, гьел гьарурал кинниги, кири хъвала чиясе. ХIадисалда буго: «Лагъ унтарав яги сапаралда вугеб мехалъ, гьесие кьола рокъов вукIаго ва сах-саламатго вугеб мехалъ гьабулеб букIараб гIамалалъухъ гIадаб кири», - ян (Бухари).

РакIалде щвезабула тавбу. Унтун загIипго вугеб мехалда инсанас гьарула батIи-батIиял пикраби, хIатта хвезе ватилин абурабги. Гьединаб хIалалъулъ вугеб мехалда чара гьечIого гьабула тавбу, дугIа.

Цоги, унти буго ццим бахъинлъун гуреб, хIалбихьилъун. ЗахIмалъиялъухъ халгьабун букIунелъул гьелъухъ щолеб жоги, гьелъ цIикIкIун унтаравгIанасе ажру-кири щвейги цIикIкIараб букIуна. Бихьаралда сабру гьабуни, ахир талихI батиги кIудияб букIуна.

Гьаризе ккола Аллагьасда ﷻ тIаса лъугьин, мунагьал чури, сахлъи кьей. Цадахъго хIалтIизабизе ккола гьелъие ругел сабабалги. ХIадисалда Аварагас ﷺ абулеб буго: «Я Аллагьасул ﷻ лагъзал, нужеца дару-сабаб балагье, Гьес ﷻ дару гьечIеб унти (хвел гурони) бижун гьечIо», - ян.

Аллагьас ﷻ сахлъи кьеги киналго унтаразе! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...