Аслияб гьумералде

Чiарада

Чiарада

Муфтиятаталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIаммад Дибирдадаев, цадахъ кумекчи ХIасан МухIаммадовгун ва «Ас-Салам» газеталъул вакил МухIаммаднур Ибрагьимхановгун щвана ЦIурире. Цин гьел дандчIвана росдал имам Расул Шариповгун.

Гьениб имамас бицана росулъ бугеб ахIвал-хIалалъул ва жинцаго гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ. Гьелдаса хадуб гьез, росдал жамагIаталда цадахъ, рузманалъул как бана ва чIухIун хьвадиялъул бугеб заралалъул хIакъалъулъ бицун вагIза гьабуна ХIасан МухIаммадовас.

ГIАХЬВАХЪ

КIаратIа росулъ рагьана бихьиназ ва руччабаз какал разе санагIалъаби жанир чIезарурал рукъзал. Гьел рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер МухIаммад МуртазагIалиевас, имамзабазул советалъул председатель Адам Закарьяевас, росабазул имамзабаз, администрациялъул хIалтIухъабаз, жамгIиялгун диниял церехъабаз. Данделъи рагьана райадминистрациялъул отделалъул начальник МахIач ТIалхIатовас ва тадбир нухда бачана имамзабазул советалъул вакил Шамсудин Шамсудиновас.

КIалъазе рахъараз бицана какал ралел рукъзал хIажат рукIиналъул ва гьеб рахъалде кIвар кьолеб букIиналъухъ баркала загьир гьабуна районалъул бетIерасе. М. МуртазагIалиевас бицана гьединал бакIал разе кколеблъиялъул, хас гьабун гьеб бакI баялъе ккараб гIиллаялъул, гьединго Баркалаялъул кагъталгун гIарцулал шапакъатал кьуна как балеб рукъ баялъулъ гIахьаллъи гьабуразе.

ШАМИЛ

ТIидиб росулъ тIобитIана Къуръан цIалиялъул рахъалъ къец. Гьебги тIобитIана ункъо номинациялда рекъон:

  1. Бихьиназда гьоркьоб рекIехъе жуз цIали.
  2. Бихьиназда гьоркьоб берцинго Къуръан цIали, ай махражалда ва тажвидалда.
  3. Махражалда ва тажвидалда руччабазда гьоркьоб берцинго Къуръан цIали.
  4. РекIехъе Къуръаналъул жуз цIали. Къецалъул хIасилал гьаридал бергьаразе ва гIахьаллъаразе кьуна сайгъаталгун шапакъатал.

ГЪУНИБ

Муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул районалда бугеб отделалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Разакъов щвана муниципалитеталъул администрациялде ва дандчIвана районалъул бетIер МудунхIажи Къадировгун. Гьез бицана гIолилазе битIараб тарбия кьеялъул рахъалъ цадахъ рекъон гьаризе рес бугел хIалтIабазул ва дандрана цогидалги суалал.

Районалъул бетIерас баркала загьир гьабуна рухIияб лъай тIибитIизабиялъул мурадалда муфтияталъ гьабулеб бугеб хIалтIухъ ва абуна коронавирусалъул пандемиялде данде профилактикияб хIалтIи гьабулеб букIиналдасаги районалъул жамагIат цIакъ рази бугин.

ГУМБЕТ

Пляжалъулаб футбол хIаялъул рахъалъ районалъул гIолилазда гьоркьоб тIобитIана турнир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ва гIолилазе насихIатал гьарун кIалъана районалъул бетIер ХIажимурад МухIаммадов , районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамил ХIажиев, муфтияталъул хIалтIухъан Юнус НурмухIаммадов, ДРялъул бетIерасул кумекчи Сайпудин Сайпов ва «Патриоты» ассоциациялъул председатель Шамил ГIабдулхIажиев.

УНСОКОЛО

Шамилхъалаялда, муфтияталъул мугIрузулаб округалъул вакил МухIаммад Дибирдадаевасул нухмалъиялда гъоркь, тIобитIана районалъул рухIиял церехъабазул гIахьаллъигун данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель НурмухIаммад МухIаммадовас, росабазул имамзабаз, отделазул нухмалъулез, «Инсан» фондалъул ва «Ас-Салам» газеталъул вакилзабаз. Гьез бицана районалда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ ва дандрана тIуразе кколел суалал.

БОЛЪИХЪ

Районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIамаевги Болъихъ росдал имам Запир Чупановги дандчIвана росдал бегавул ГъазимухIаммад НурмухIаммадовгун. Гьез бицана районалда ва хасго Болъихъ росулъ гьабулеб бугеб хIалтIул, гIолилазе битIараб тарбия кьеялъул мурадалда тIоритIизе бегьулел тадбиразул хIакъалъулъ. ДандчIваялъул ахиралда районалъул имамас росдал бегавуласе сайгъат гьабуна «Благонравие праведников» абураб тIехьги.

ХЬАРГАБИ

Муфтияталъул мугIрузулаб округалда бугеб вакиллъиялъул хIалтIухъан Шамил ХIасанов щвана Хьаргаби районалде. Муфтияталъул хIалтIухъан Ислам МухIаммадовгун ва КIикIуни росдал имам Къурбан Къурбановгун гьев щвана КIикIуниве ва дандчIвана абитуриентазул эбел-эменгун.

Гьениб Шамил ХIасановас бицана Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул ва гьениб щолеб лъаялъул хIакъалъулъ. Бищунго аслияб жо, гьениб цадахъго щолеб буго диниябги светиябги лъай.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...