Аслияб гьумералде

Маххул хIикмат

Маххул хIикмат

Маххул хIикмалъи загьир гьабун рещтIараб Къуръаналъул «Ал-ХIадид», ай махх абураб сураялда буго гьадинаб (магIна): «Дица рещтIинабуна жиндилъ кутакаб гуч ва мунпагIатал ругеб махх», - абун.

Дунялалда ругел магIданазда гьоркьоб маххалъ лъабабилеб бакI ккола. Жакъа астрофизикаялъ Къуръаналъул хIикмат ритIухъ гьабун нугIлъи гьабулеб буго, махх ракьалде Космосалдасан бачIараб букIин. Гьелъул хIикмалъи 1400 соналъ цебе Къуръаналъул «АлХIадид» сураталда мухIканго бичIчIизабунги батана гьезда.

Гьеб сураялъул 25-абилеб аяталда бугеб «Анзална» абураб рагIул таржама гьабуни, бичIчIулеб буго «гIадамазе мунпагIаталъе кьуна» абун. Амма гьелъул хIакъикъияб магIна хал гьабуни, «рещтIинабуна» абунги бачIунеб буго. Гьелдасан мухIканго бичIчIулеб буго, махх нилъер ракьалде Космосалдасан бачIараб букIин.

Махх бижулеб ва загьирлъулеб буго цIи раккарал цIвабзаздасан, цIваялъул багIари цIикIкIиндал гьеб кьвагьулеб буго. Кьвагьараб цIваялдасан лъугьунел руго метеоритал - жидеда жаниб маххул нахърателал ругеб. Гьел сверулел рукIуна Космосалда, цинги гьеб ракьалъул цIайиялъул къуваталде бачIиндал, бортула ракьалде.

Гьеб киналдасанго бичIчIулеб буго махх ракьалдаса гуреб, Космосалдаса бачIараб букIин, ай Къуръаналда рехсохъе рещтIун букIин ракьалде.

Узухъда, нилъеда лъала анкьабилеб гIасруялда, Къуръан рещтIараб мехалъ, гьеб аят гIелмияб къагIидаялъ рагьизе гIалимзабазул рес букIинчIеблъи. Амма жакъасеб астрономиялъул гIалимзабазе рес щвана маххул хIакъикъат лъазе ва гьез чIезабулеб буго махх гуребги цогидал батIиял магIданалги рещтIун рукIин къватIисан ракьалде.

Къоабилеб гIасруялъул ахиралда гьабураб хIалбихьиялъ нилъ рачунел руго гIажаибаб хIасилалде. Машгьурав микробиолог Майкл Дентоница жиндирго тIехьалда хъвалеб буго:

«Цогидал магIданазда дандеккун махх буго чиясе чара гьечIого хIажатаб жо. Ракьул ядроялъуб ккараб маххалъ гIажаибаб къуватаб магниталъул цIайиялъ сверун кколеб буго ракь. Гьеб магниталъул цIайиялъ цIунулеб буго нилъер ракь къватIисан бачIунеб къуватаб радиациялдасаги ва озоналъул гъат биххиялдасанги. Гьеб магIдан ракьалда букIинчIебани, чиясул бидулъ гемоглобинги букIунароан. Инсанасул би багIараб букIиналъе сабабги гьеб магIдан ракьалда букIин буго», - ян.

Медицинаялъул гIалимзабазги 2004 соналъ рагьана маххул бугеб цоги пайда. Гьез чIезабуна онкологиял унтаби нахъчIваялда дандеги гьеб хIалтIулеб букIин.

Андреаса Джорвана абулей тохтуралъ тIоцебе хIалтIизабуна цIияб хIалбихьи магниталъул лъамалъиялдалъун, къоло анлъго сон барав рак унтиялъ унтарав Николаус абурав васасда тIад. Гьеб магниталъул гипертермиялдаса хадуб гьесул тIуранго тIагIун руго ракалъул клеткаби.

Гьалъул хIасилалдасан бичIчIула «МунпагIаталъе рещтIинабуна» - ян абураб аяталъул магIнаги.

МУХТАРАХIМАД МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...