Маккаялъул гIурхъаби
Макка ккола КагIба рукъ жаниб бугеб, МухIаммад ﷺ Авараг гьавураб, кIуди-кIудиял тарихиял хIужаби ккараб шагьар. Гьелда абула ХIарамалъул ракьиланги. ХIарамалъул гIурхъиялда гъорлъе уна киналго рахъаздасан шагьар сверун бугеб бакI. ТIадегIанав Аллагьасго ﷻ гьеб ракь хIарам гьабуна, гьелъул хIурматги гьабуна.
Имам ан-Нававияс «Ал-ИзахI» абураб тIехьалда хъвалеб буго Мадинаялъул рахъалдасан ХIарамалъул гIурхъи Маккаялдаса лъабго милалъул манзилалда бугин. Йеменалъул ва ГIиракъалъул рахъалдасан – анкьго мил. Жейраналъул рахъалдасан, ГIабдуллагь ибну Халидил абулеб кIкIалалдаса ичIго милалъ бугин. ТIаифалъул рахъалдасан, ГIарафа майданалдехун Намират абулеб бакIалде щвезегIанги гьебго анкьго мил ккола. Жуддат нухдаса (ралъдахъе бугеб рахъ) - анцIго верст. Жиддаялъул рахъалдасан анцIго мил бугин абун.
Гьенир рехсарал миляби гIарабазул роценал ккола. Цо гIараб миля ккола гIага-шагарго 2040 метр (цогидал баяназда рекъон, гIага-шагарго 1920-1970 метр).
Гьел руго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIарамаб ракьлъун гьабураб жоялъул гIурхъи. Гьес ﷻ гьеб хирияб бакIлъун батIа гьабуна ва цогидал шагьараздаса гьелъие батIиял хIукмабиги чIезаруна.
ХIарамалъул гIурхъаби рехсон руго имам Азрукъилги баяназда, имам Маъваридица жиндирго «Ал-АхIкам ас-СултIания» абураб тIехьалдаги ва цогидалги гIалимзабаз исламияб фикъгьиялъул хIалтIабазда. ГIемерисез чIезарурал баяназул роцабаздаса дагьаб батIалъи гьабун буго имам Азрукъияс ТIаифалъул рахъалда бугеб гIурхъи анцIила цо милалда бугин абун.
Гьелде тIадеги, гIалимзабаз абулеб букIана Йеменалъул рахъалдаса Сайлул Хал абураб бакI ХIарамалъул гIурхъиялда гъорлъе унарин. Имам Азрукъица мухIкан гьабуна гьебги гьедин букIин, амма ТIангIималда аскIоб бугеб цо бакI кколарин гьелъул гIурхъиялда жанибиланги чIезабуна. Гьеб ккола гьанже хIажизабаз гIумра бухьинелъун Маккаялдаса къватIире ун ният гьабулеб ГIайшатил мажгит абураб бакI. Гьеб мажгиталъул цо бутIа унеб гьечIо ХIарамалъул гIурхъиялда жанибе.
Имам ал-МухIибу ТIабарица «Ал-Къура» абураб тIехьалда хъвалеб буго, ХIарамалъе гIурхъаби чIезариялъул гIиллабазда ва гьезул батIалъиялда хурхун ункъо пикру бугин.
ТIоцебесеб ккола СагIид ибн Жубайрица ибну ГIабасидасан бицараб: «Адам авараг ракьалде рещтIинавураб мехалъ, жинцаго гьабураб бичIчIун, гьелдаса ракI бухIи бихьизабун гьев суждаялда речIчIана. КIикъого соналдаса ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесухъе Жибрил малаик витIана, гьес (Адамихъе) щвезаруна БетIергьанасул ﷻ рагIаби (магIна): «БетIер борхизабе, Дица дур тавбу къабул гьабуна». Цинги Адам ТIадегIанав Аллагьасдехун ﷻ хитIаб гьабун вуссана: «Я дир БетIергьан! Дир ракI бухIараб буго Дур малаикзабигун цадахъ Дур ГIарш сверулев вукIиналдаса дун махIрумлъиялдаса», - абун. Цинги БетIергьанас ﷻ Адамихъе вахIю рещтIана: «Дица духъе (ракьалде) рещтIинабула къиблалъун лъугьине бугеб рукъ», - абун. Цинги Аллагьас ﷻ рещтIинабуна, цIа гIадин зобалазда кенчIолеб букIараб Байтул МагIмур.
Гьелъул букIана бакътIерхьул ва бакъбаккул рахъалда кIиго нуцIа. Гьелъул къадазда ран рукIана Алжаналъул яхонтазул хъахIал жавгьарал. Байтул МагIмур ракьалде бачIун хадуб гьелъул канлъиялъ бакътIерхьулгун бакъбаккул рахъалда гьоркьоб бугебщинаб бакI гвангъизабуна. Гьеб нуралдаса хIинкъун жиналгун шайтIаби лъутун ана. Гьел зобалазде рахана ва кисан канлъи бачIунеб бугебали халгьабизе лъугьана. Маккаялдаса бачIунеб букIин халлъидал гьелги рещтIана гьенире, гьелде гIагарлъизе хиялгун. Цинги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ малаикзаби ритIана, жакъа ХIарамалъул гIурхъабилъун ругел бакIазда КагIбаялда сверун чIезе. Гьедин жундулги шайтIаби нахъчIвана ва жанире риччачIо. Гьелдаса лъугьана ал-ХIарам «гьукъараб» абун цIарги Маккаялъул гIурхъабазда.
КIиабилеб пикру буго Вагьб ибну Мунаббагьица бицараб: «Адам авараг ракьалде рещтIинавураб мехалъ гьев дагьавги цIикIкIун гIодизе лъугьана. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие Маккаялда, КагIбаялда дандбитIун чадир лъуна. Гьеб чадирги букIана Алжаналдаса бачIараб яхонталъул гьабураб. Гьелда жаниб букIана Алжаналъул нур кьолеб лъабго чирахъ. Гьеб канлъиялъ ХIарамалъул тIолабго ракь къалъизабуна. Аллагьас ﷻ гьеб чадир, малаикзабазул кумекалдалъун, цIунана. Малаикзаби чIун рукIана ХIарамалъул гIурхъи бугел бакIазда хъаравуллъиги гьабун, жанире рачIине жиналги риччачIого. Адам аварагасе бихьизабураб заман лъугIун, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесул рухI босидал, гьеб чадирги зобалазде борхана».
Лъабабилеб пикруялда абулеб буго, Ибрагьим аварагас КагIба балеб мехалъ, гьес жиндирго вас ИсмагIилида абунин гIадамазе гIаламатлъун букIине гамачI балагьеян. Гьев инсул амру тIубазабизе гIедегIана. Гьесда щибго данде ккараб жо батичIо. Амма тIадвуссун вачIараб мехалъ, гьесда инсухъ батана ЧIегIераб гамачI. «Киса дуе гьаб щвараб?» - абун гьикъана ИсмагIилица. Ибрагьимица жаваб гьабуна: «Гьаб босун бачIана дур гамачIалъе изну кьечIес, дуца цогидаб гамачI босун бачIине бокьичIес», - ан. Хадубги тIаде жубана: «Гьебгун цадахъ вачIана ЖабрагIилги», - абун. Цинги Ибрагьим аварагас гамачI къадалъ лъуна ва гьеб кинабго рахъалдехун канлъи кьун гвангъана. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ХIарамалъул ракьлъун гьабуна гьеб ганчIил канлъи щварабщинаб ракь.
Ункъабилеб пикру буго Адам авараг ракьалде рещтIинавидал гьев хIинкъанин жиндие жиназгун шайтIабаз зарал гьабилин абун. Ва гьес ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьаранин жиндиего цIуни. Цинги БетIергьанас ﷻ малаикзаби ритIанин ва гьез Макка сверун ккунин ва гьелда сверухъ чIанин. Гьелдасан ТIадегIанав Аллагьас ﷻ малаикзаби чIараб бакI хирияб ракьлъунги гьабунин абураб.
«Шифаул Гъарам» абураб тIехьалда рехсолеб буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ зобалги ракьалги рижун хадуб гьезде хитIаб гьабун абуна: «... (Жиндихъе) рачIа нужее бокьун яги хIал гьабун (хIал гьабидал бокьичIониги рачIунелъул) …». Зоб-ракьалъ жаваб гьабуна ва абуна: «Нижеего бокьун рачIана», - абун (суратул «Фуссилат» 11 аят). Гьединаб жаваб гьабун буго гIицIго гьанже нилъее ХIарамалъул абун баянал ракьаз, гьединлъидал гьарун руго гьел хириял ракьаллъунги», - абураб пикру.
Имам аз-Заркашица «Ал-ИгIлан» абураб тIехьалда абулеб буго: «ХIарамалъул ракьалъе гIурхъаби чIезариялъулъ щиб хIикмалъи бугебилан гьикъани, гьелда хурхун лъабго батIаяб вариант буго:
ТIоцебесеб: гьеб бакIалда хурхун диниял хIукмабаздасан чIезабураб рихьизариял, жеги гьеб баркат-рахIматалъ ккураб ракь букIин бичIчIизаби.
КIиабилеб: тIахьазда рехсон баян гьабулеб буго, Алжаналдаса бачIараб мехалъ ЧIегIераб гамачI букIанин хъахIаб нуралъ кенчIолеб. Гьелъул нур щванщинаб бакIги лъугьанин ХIарамалъул гIурхъабилъун.
Лъабабилеб: гьеб бакI буго Илагьияб гвангъиялъ ва рухIиял балъголъабаз цIураб нур. Аллагь ﷻ лъаялде рахарал чIахIиял чагIаз абула жидеда бихьулин ХIарамалъул гIурхъабазде щвараб гьеб Илагьияб нурилан. Гьеб нурги щола Макка-Мадинагун Байтул Мукъаддасалде.
Ибн ГIаббасица бицараб буго тIоцебе ХIарамалъул ракьалъе гIурхъи чIезабурав чи кколин Ибрагьим авараг. Гьесдаги гьеб бихьизабун буго ЖабрагIил малаикас. Ибн СагIадица ва Азрукъица бицун буго Макка бахъараб къоялъ Аллагьасул Расулас ﷺ Тамим ибну Асад ал-ХузагIи витIанин басралъараб цIигьабизеян.
Гьединго имам Азрукъица ГIубайдуллагь ибну ГIабдуллагь бин ГIутбатидасан бицун буго: «Ибрагьим аварагас ХIарамалъул ракьалъе гIурхъаби чIезаруна ЖабрагIил малаикасул тIадкъаялдалъун. Гьеб заманалда чIезарураллъун хисичIого гьел рукIана Къусайил (Аварагасул ﷺ умумузул цояв) заманалде щвезегIан. Гьес цIигьарун рукIана гIурхъаби. Аллагьасул Расулас ﷺ Макка бахъараб къоялде щвезегIан гьеб гIорхъодаги рукIана гьел. Цинги гьеб соналъ витIана Аварагас ﷺ Тамим ибну Асад ал-ХузагIияв ХIарамалъул гIурхъаби цIигьаризе», - ян.
Аллагьас ﷻ насиб гьабеги щивасе хирияб ракьалде щун хIеж-гIумра борхизе щвей ва гьеб ракьалъул баракат! Амин!