Аслияб гьумералде

Маккаялдаса хадусеб

Маккаялдаса хадусеб

Маккаялдаса хадусеб

Маккаялда хадуб бищун хирияб ракьлъун ккола Мадина. ГIумар-асхIабас ва цогидал асхIабзабаз абулеб буго: «Мадинаялъул ракь Маккаялдаса хирияб буго», - ян. Амма живго хирияв авараг ﷺ вукъун вугеб бакI, бищун хирияб ракьлъун букIиналда киналго гIалимзаби тIад рекъон руго.

 

Мадинаялда абула: «Аль-Мадинату Ннабавият», - ан, ай аварагасул ﷺ шагьарилан. Гьединго абула: «Дарул гьижра», - ян, ай свалат-салам лъеяв аварагги гьесул асхIабзабиги гьижра гьабун араб рукъилан. Гьеб шагьаралдаса тIибитIана дунялалъул киналниги ракьазде ислам. Аварагасул ﷺ мажгиталда бараб как азарго нухалъ кири цIикIкIараб букIуна, цогидал мажгитазда баралдаса, Масжидул ХIарамалда хутIун.

Имам Нававияс абулеб буго: «Паризаял каказда релълъун руго, хиралъи щвеялъулъ суннатал какалги», - ян. Абу-Умаматидасан бицараб хIадисалда абулеб буго: «Щив чи вугониги рацIцIалъиги гьабун дир мажгиталде как базе вачIун, гьесие хIеж гьабурабгIан кIудияб кири буго», - ян. АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги дир мажгиталда кIикъого как бан, ТIадегIанав Аллагьас гьев жужахIалъул цIаялдасаги нифакъалдасаги хвасар гьавула», - ян.

Гьижра гьабун рачIарал мугьажиразе бокьулеб букIинчIо Мадина гуреб бакIалда хвезе. Гьез кидаго ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьарулеб букIана хирияб Мадинаялда хвезе гьареян. Жинда Аллагь ﷻ разилъаяв ГIумар-асхIабас гьарулеб букIана: «Я, ТIадегIанав Аллагь! Дуца дие дурго нухда шагьидлъиялъул хвелги кье, дир рухI бахъиги дуй вокьулев Аварагасул ﷺ шагьаралда, Мадинаялда ккезе гьабе», - ян. Ибну ГIумарица бицараб хIадисалда абулеб буго: «Нуж хвезе Мадинаялде ракIаре, гьенир хварал муъминзабазе дир шафагIат щвезе буго», - ян. Анасица бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги Аллагьасе гIоло ракIбацIцIадго Мадинаялде дихъе зиярат гьабун, гьев чиясе дица къиямасеб къоялъ нугIлъиги шафагIатги гьабула», - абун. ЖагIфарил вас ГIабдуллагьица бицана: «Дида рагIана Аллагьасул расулас абулеб: «Дир умматалъул тIоцебе дица шафагIат гьабулел Мадинаялъул агьлу руго, хадуб Маккаялъул, хадуб ТIаифалъул», - ян.

ГIалимзабаз абулеб буго: «Жинда свалат-салам аварагасул хабаде зиярат гьабиялъ хIеж камил гьабула», - ян.

 

АхIмад МухIумаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...