ХIикматал махлукъатал
ГьитIинаб веретенник
ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине кIолеблъун.
Гьелъул черх буго миккиялъул гIанасеб. Халалъи бахуна 33-42 см, куркьбазул халалъи – 61-68 см. Гьелъул руго тIеренал хIатIал ва халатаб, 10 см гIанасеб, дагьаб тIадехун кIичIи лъугьараб гозо.
Хоно лъолеб заманалъ бихьиналъул чорхол сурат лъугьуна тириго, расазул кьер хисула. Хоно лъола 2-4, гьезда тIад кIусула 20-24 къоялъ. ЦIуяб дагьаб кIудияб букIуна.
ГьитIинаб веретенникалъ бусен гьабула Евразиялъул ва Шималияб Америкаялъул Арктикияб тундраялда — Лапландия ва Скандинавиялдаса байбихьун Сибиралдасан бакътIерхьул Аляскаялде щвезегIан. Россиялда гьеб батула Кольский бащдаб чIинкIиллъиялдаса Чукоткаялде щвезегIан. Бусен гьабизе тIаса бищула тундраялъул бакъвараб, борхатаб бакI, гIемерисеб мехалъ гIурул мухъалда ва хIорил рагIалъабазул бакIазда. Ханазда кIиябгоги кIусула.
Хасел тIамула ЦIияб Зеландиялда, Австралиялда, Югалъулаб Азиялъул ва Африкаялъул рахъазда ругел ралъадазул рагIаллъабазда.
Гозоялъул рагIаллъиялда гьелъул буго аза-азар гIисинал микроскопикиял нерваби. Халатаб гозо къазабула лъамияб сали яги тамахаб ракь бугелъубе ва жаниб бугеб рахIчIаголъи бихьичIоницин, гозоялда ругел хасал гIуцIабазул кумекалдалъун гьел ккола. Гьедин къазабидал гозоялъул аслияб рахъ данде къан бугониги, гьелда кIола рагIаллъи рагьизе.
Гьел гочуна лъеда тIасан. 2022 соналда гIалимзабазе баянлъана гIолохъанаб гьеб хIинчI Аляскаялдаса Тасманиялде (Австралия) щвезегIан чIечIого боржараблъи, ай 11 къоялъ, 13 560 километралъул манзилги нахъа тун, цониги нухалъ рещтIенги гьабичIого.
Гьоркьохъеб къагIидаялъ гьел хIанчIи роржунел руго 11-12 азарго километргIанасеб манзилалъ. Гьедин гочиналъул заманалда гьел цониги нухалъ ракьалде рещтIунаро, кьижуларо, кваналаро. Гьезул Хехлъиги букIуна гIага-шагарго 50-88 километрги сагIтие тун.
Гочиналде хIадурлъи
Халатаб сапаралъ бахъиналда цебе хIанчIил организмалда лъугьуна тIубараб хиса-баси.
- ЦIайи бакIлъи: боржинегIан цебе гьелъул кIиго нухалъ цIикIкIуна чорхол бакIлъи, черхалде бачIуна 55 процент кьаралъи.
- Ургьимес гьитIинлъи: хIан-чIица тIул, ургьисалаби, бакьал, кванирукъ 25 % гьитIин гьарула, кьаралъиялъул нахърателалъе бакI бахъизе ва жиндирго цIайи цIикIкIунгутIизе.
- Ччорбал кIодолъизари: гьелдаго цадахъ куркьбазул кьабиялъул хIаракатчилъиялъе къуват кьолеб ракIалъул ва каранда ругел ччорбазул кIодолъи цIикIкIуна, гьуърулги чIахIалъула. Цинги, щолеб бакIалде щведал, черхги чанго къоялда жаниб цебе букIараб хIалалде ккола.
Гьезул буго гIадалнахул бащдаб кьижизе гьунар. Гьедин роржунелъул цояб рахъ кьижула, цадахъго гьеб рахъалда бугеб берги. КIиабилеб бутIаялъ тIалаб гьабула боржиналъулгун сверухъ лъугьунелъул, заманалдасан кIиабилебгунги хисула.
Гьезулъ буго хасаб гIуцIиялъул механизм, гIелмияб къагIидалда абуни – «барометр» гIадаб аппарат. Гьелдалъун хIанчIазда лъала инфрагьаракь – аза-азар километралъ рикIкIад ругел гьурабаз ва циклоназ бижизабулеб гIодобегIанаб частотаялъул ахIи-хIур жидеда лъазе кIолел. Гьелдалъун хIанчIаз боржине заман щвей мухIканго чIезабула, къуватаб гьумералъул гьури ккун ва гьелдалъун жал церехун рачун, чорхол къуват 30 проценталде щун цIунизеги цIунула.
КIудияб веретенник
ГьитIинаб веретенникалъул буго кIудияб веретенник абураб цоги тайпаги. Гьелъие бокьула рацIцIадал лъинал ругел Евразиялъул гIатIилъаби. Гьеб буго гъадил гIадаб чорхол кIодолъи бугеб хIинчI.
КIудиялдаги гьитIиналдаги гьоркьоб батIалъи
ГIагараб гьоркьоблъи бугониги кIиябго къосун кколеблъун гьечIо.
Гозо: кIудиялъул буго халатаб, битIараб, цебеса рагIаллъи дагьабго кIичIи лъугьараб, кIиго кьералъул.
ХIатIал: кIудиялъул гьел руго цIакъ халатал, роржунелъул рачIалдаса къватIире раккун арал.
Куркьбазул кьер: гьаваялда кIудияб бигьаго батIабахъизе лъала, гьелъул куркьбазда руго цIакъ гвангъарал, гIатIидал, хъахIал мухъал.
РачI: кIудиялъул буго халатаб, аслу хъахIаб, ахиралда гIатIидаб, чIегIерккараб кьер бугеб. ГьитIиналъул буго къокъаб.
КIудияб гIемерисеб нухалъ букIуна Евразиялъул гьоркьохъеб зоналда, Исландиялдаса ва Британиялдаса байбихьун Россиялъул Дальний Востокалде ва Приморьеялде щвезегIан. Гьелъул тIабигIияб гIумру гьабулеб бакI ккола гIатIидал лъел хIорал, хьуцIал, пиринчIалъул хурзал ва цогидалги лъалъалел бакIал.
ТIинчI бахъулеб гIужалъ гьел цIакъ ахIи-хIуралда рукIуна. Бусен лъураб бакI букIуна къогоялде гIагарун батIаялъ къокъаби ккун рукIел гьабураб. Бусенги гьабула ракьалда, борхатаб хералда гьоркьоб. ГIумруги тIамула цадахъ. Амма хасел рехизе гочунелъул, аза-азар километр тун рикIкIаде уна, батIи-батIияб рахъалде кIиябгоги бикьун. Ихдал тIадруссун рачIуна цого бакIалде, цо-кIиго къоялъул батIалъи ккун. «Вере-тень-вере-тень» абурал сасал гьарула гьез бусен цIунун аскIобе хIинкъи бугеб жо щведал. Гьелдаса босун кьураб буго гьезие гьеб цIарги.
Кваналеб жо букIуна гIисинал махлукъатал, хъанхъра, ралъдал рухIчIаголъаби, кванала пиринчIги.
КIудияб веретенник гочуна ракьалдасан. Боржуна 60-гIанасеб сагIаталъ, 5 000-6 000 километрги нахъа тун. Боржуна хехго, гьумералде пулеб гьуриялъул дандецуялдаса пайдаги босун 130 километрги сагIтие тун. Гьел хIухьбахъизе ва кваназе чIола лъел рагIаллъабазда.
Гьеб рикIкIуна тIагIиналда хIинкъи бугеб хIинчIлъун. Гьезул дунялалда ругин абула 800 000-гIанасеб бетIер. Гьеб босун буго БагIараб тIехьалдеги.