Аслияб гьумералде

Росасул магIишат

Росасул магIишат

Росасул магIишат

Росасда тIадаб буго чIужуялъе напакъа кьезе, жидеца гIумру гьабун бугеб бакIалъул гьоркьохъеб гIадаталда рекъараб, чIужу жийго бечедай ятаниги.

 

ГIаишатидасан бицун буго: «Цо нухалъ Абу Суфянил чIужу Гьинд ячIана Аварагасухъе ﷺ ва абуна: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, Абу Суфян цIакъ къарумав чи вуго. Гьес я дун, я лъимал кколеб хIалалъ напакъа кьун хьихьулел гьечIо. Дица балъго хIажатаб къадар гьесул гIарцуда тIаса босани, гьеб мунагьлъун букIинищ?» Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «Дуца босизе бегьула гьесул малалдаса дуего ва лъималазе хIажатаб къадар. Амма гьелъие шартI буго исрапалдаса рикIкIалъи», - ян (Бухари).

Гьаб хIадисалъ баянаб бичIчIи кьолеб буго, росас хъизаналъе ва лъималазе хIажатаб ретIел, квен босизе напакъа кьола батичIони яги рукъалъухъ кколеб мухь кьолеб гьечIони, чIужуялъ бегьула гьеб хIакъ гьесул малалдаса балъго тIубазе. ХутIарал харжал гьариял гьесул малалдаса, росасул изнуялдалъун гурони гьаризе бегьуларо, хIатта садакъацин.

Амма гьеб балъго босиялъул къагIида хIалтIизабилалде, чIужуялъе рекъараб буго росгун кIалъан, хIажатаб мал жинцаго кьезе гьев гьесизавизе. Хъизамалда гьоркьор ккарал ричIчIунгутIаби берцинго, дандбан тIуразаризе рекъараб буго. Амма балъгояб къагIидаялъ босизе ккани, цIодорлъи гьабила, гьеб исрапалде бусинчIого букIиналъе ва хъизамалъул гIуцIи биххиялъе сабаблъун ккунгутIиялъе.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...