Аслияб гьумералде

Лъабго суал

Лъабго суал

КIал сунца биххизабулеб?

КIал биххулел жал ккола кванай ва гьекъей. КIочон тун, лъачIого кванани, кIал биххуларо.

Гьединго кIал биххула къватIисел черхалде жанире ругел нухаздасан, масала, кIалдиса, магIарзухъа, гIундуздаса, цебесеб-нахъисеб гIавраталъул каратIалдаса ургьибе щиб бугониги берда бихьулеб, черх бугеб жо ани. Масала, гIинзунибе тIири тIинкIизабуни, гIучI къазабуни, гьединго клизма гьабуни кIал биххула. КIалдиб чакарги биун гьеб къулчIаниги, папиросалъул кIкIуй ургьибе аниги кIал биххула. ХIацIу къулчIани, магIарзухъа, кIалдиса хIур яги тIутI жанибе ани, кIал биххуларо. Нажасаб, масала, дабазул би жубараб хIацIу къулчIани, кIал биххула.

КIал ккурав чияс мегIер-кIал ххулулеб мехалъги цIодорлъи гьабизе ккола. ЦIакъго мегIер-кIал бацIинеян лъугьун ургьибе лъим борчIани, кIал биххула. ЛъачIого, кIочон тун ургьибе жо ани, кIал биххуларо. Гьединго кIал биххула бокьун лагIдани, ватIъу гьабуни (росасдаги лъадудаги гьоркьоблъи).

ХIарамаб букIинги лъалаго ватIъу гьабуни, кIал ккурав сапаралда гьечIев, яги кIал биччазе гIузру гьечIев чияс бокьун чIужуялъе ватIъу гьабуни, гьесда кафарат тIалъула, ай гьес гьоркьоб къо биччачIого тIатIалаго кIиго моцIалъ кIалал кквезе ккола. Нагагь гьоркьоб цо къо борчIун бугони, цIидасан байбихьизе ккола кIиябго моцIалъул кIалал кквезе.

Гьединго кIал биххула мани бачIинабуни. ЧIужуялда къочарун, убач гьабун мани бачIани, гьелдалъунги кIал биххула. Шагьват багъарулев чиясе рамазаналъ кIалги ккун чIужуялда убач гьабизеги къочаризеги хIарамаб буго. Гьединго кIал биххула гIантлъани, муртадлъани (капурлъулеб жо гьабуни, кIалалъ букIа, черхалъ букIа, ракIалъ букIа).

Гьединго кIал биххула чIужугIаданалъул хIайиз яги нифас бачIани. КIал биххула бакъ тIерхьун бугилан ракIалдеги ккун, кIал биччани, цинги бакъ тIерхьун букIинчIеблъи хIакълъани. КIал биххула рогьун гьечIиланги ккун кванани, гьекъани, цинги рогьун хадуб кванаравлъи хIакълъани.

КIал кквеялъул суннатал жал щал кколел?

КIал кквеялъул суннатаздаса ккола заман щварабго, ай бакъ тIерхьарабго кIал биччай. КIалги биччазе суннатаб буго чамасдакIалдалъун, цинги лъиналдалъун, цинги щиб бугониги гьуинаб жоялдалъун. Гьединго суннаталдаса ккола радакь кваназе тIаде рахъин, радакь кванай кватIизаби (щаклъиялде ккечIебгIан заманалъ), гIемер Къуръан цIали, гIемер Аллагь ﷻ рехсей, хIарамалдаса берал, гIундул, мацI ва цогидал лугбал цIуни, рогьел баккилалдего жанабаталдаса черх чури, мажгиталда игIтикафал гьари (хасго рамазаналъул ахирисеб анцIабго къоялъ), дугIа гIемер гьаби (хасго кIал биччараб гIужалъги, радакь рахъараб мехалъги), цогидал кIал биччазе кваназе рокъоре ахIи, гьуинал махIал черхалда гьаричIого тей (хIалкIун букIаго), черхалъе лазат щолел жалалдаса, масала, лазатал нигIматал кванаялдаса, хасго гIемер кванаялдаса чехь цIуни.

Берцинлъиялде балагьиялдаса берал цIуни, берцинал бакъназухъ гIенеккиялдаса гIундул цIуни, ай къокъго абуни, хIалалал ругониги, черхалъе лазат щолел жалаздаса рикIкIалъи. ГIадамалгун къацандиялдаса, дагIбадиялдаса, вагъиялдаса мацI цIуни, цояв вагъулев вугониги данде вагъичIого, дун кIал ккун вугилан жаваб кьей, садакъа гIемер кьей, мажгитазде гIемер хьвади. Гьал церехун рехсарал суннаталги адабалги цIунарав чиясе кIалалъул камилаб кири щола. ЦIуничIони, кири мукъсанлъула, хасго гъибатбугьтан, гьереси-мацIалдаса мацI цIуничIони, хIарамал жалалдаса черх цIуничIони, кIал кквеялъул вакъиги къечейги гурого щибго мунпагIалъи кколаро. КIал кколеб моцI ккола гIибадаталъе цIакъ бахъизе кколеб моцI.

Рамазаналъ кквечIого тараб кIал бецIиялъул хIукму кинаб бугеб?

ГIузруялдалъун тараб бугониги, гIузру гьечIого тараб бугониги кквечIого тараб кIал бецIизе ккола. ГIузруялдалъун тараб кIал бецIизе ккола, амма мунагь букIунаро. ГIузру гьечIого тараб кIалалъул мунагьги букIуна, гьеб бецIизеги ккола. Исана хутIарал кIалал гIузру батичIонани, тIасияб рамазан бачIиналде рецIун лъугIизаризеги тIадаб буго.

Ресги букIун рецIичIого тани, рецIичIого теялъул хIакъги батула ва щибаб сон рикIкIун бецIичIого тараб кIалалъул мудалги тIаде рачIуна. Масала, къого соналъ цебе кквечIеб лъеберго кIал батани, ресги букIаго къого соналъ гьелги рецIичIони, гьесда анлънусго муд тIалъула мискинзабазе кьезе. ГIузруялъе гIоло кIал кквечIони, гьеб гIузруги хвезегIан тIасан инчIони, гьес кIал бецIизе кколаро, мудалги рикьизе кколаро.

Ресги букIун кIал кквечIого цо чи хвани, гьесул хутIарал кIалал гьесул гIагарав чияс рецIизе ккола яги гьес нахъе тараб боцIудаса щибаб кIал рикIкIун муд бахъизе ккола. Гьесул боцIи нахъе хутIун батичIони, бокьарав чиясе ихтияр буго гьесул мудал рахъизе, налъи бецIизе ихтияр бугебго гIадин.

Сахлъизе хьул гьечIеб унтиялъ яги херлъиялъ кIал кквезе бажарулеб гьечIони, гьес щибаб кIал рикIкIун цо-цо муд бахъула. Къинай яги лъимер хахизабулей гIаданалъ, лъимералъе зарал ккеялда хIинкъун кIал кквечIони, кIалги бецIизе ккола, щибаб кIал рикIкIун мудги бикьизе ккола.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб? – Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ. 2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун? – Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид». 3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...