Аслияб гьумералде

Вас гьавизе бокьани…

Вас гьавизе бокьани…

Вас гьавизе бокьани…

Лъимада лъолеб цIаралде исламалъ кIудияб кIвар кьола. ЦIар букIине ккола къадруяб, лъикIаб магIна бугеб, исламалъул къануназда рекъараб.

 

Имам Маъвардияс абун буго: «Лъимер гьабидал, эбел-инсул рахъалдасан гьелдехун бугеб бищун цебесеб тIадегIанлъи ва цIоблъун ккола лъикIаб цIар халгьаби. Щайин абуни, чиясда жиндирго цIар тIоцебесеб нухалъ рагIулелъул, лъикIаб цIаралъулги къадруяб бакI буго рухIазулъ. («НасихIатул мулук»)

Беццараб буго лъимада исламалъул церехъаби, имамзаби, вализаби гIадал лъикIал чагIазул цIарал лъезе.

Кин ккун батаниги, лъун бугони лъимада рекъараб гуреб цIар, гIураб къоялъги хисизе бегьула. ГIаишатидаса бицун имам Тирмизияс рехсолеб буго аварагас ﷺ асхIабзабазда лъикIал гурел цIарал хисулел рукIанин абун. ГIумарил васас бицун буго жидер яцалда букIанин ГIасият (гIенеккуларей, мутIигIлъуларей абураб магIна) абураб цIар. Аварагас ﷺ гьелда цIар Жамилат (берцинай) абуни хисанин.

Абу-Дардаидаса бицараб хIадисалда буго: «ТIаде рахъинарулеб Къиямасеб къоялъ нуж ахIизе руго нужер ва нужер инсул цIараздалъун. Гьелъ, (лъимада цIар лъолелъул) тIаса бище лъикIаб цIар», - абун. (Абу-Давуд)

Суннатаблъун рикIкIуна васазда лъолел цIаразда «гIабд» (лагъ) абураб рагIи цебе хурхинабун, Аллагьасул ﷻ цIаразда бухьен бугеб тIаса бищизе. Гьединал тIадегIанал цIараздасан рикIуна: ГIабдуллагь, ГIабдурахIман, ГIабдурахIим, ГIабдулмалик, ГIабдулкъадир гIадал. Аварагас ﷺ абунин ибну ГIумарица бицун буго: «Аллагьасе ﷻ рокьулел цIаразул бищун лъикIал – ГIабдуллагь ва ГIабдурахIман руго», - ян. (Муслим)

Эбел-инсуе бокьула жидер цIар, наслу цIунулел лъимал нахъе тезе. Яс йиго баракат, дунял-ахираталда эбел-инсул берзул канлъи. Щиб абуниги, гьелдаго цадахъ, инсуе бокьула жиндир наслу хадуб бачунев вас вукIинеги. Амма чанги чагIи рукIуна кIиго-лъабго ясги гьаюн, БетIергьанас цогIаги вас кьелародаян абураб хьулалда.

Гьелъие буго, гIемер чагIаз хIалги бихьун баянлъараб цо балъголъи. Гьебги ккола, лъимер гьабизе бугеб мехалъ вас гьавуни, гьелда аварагасул ﷺ цIар лъезе къотIи гьаби. ХIадисалда буго: «Хъизаналъул ургьиб бугеб лъимер бихьинаб жинсалъул букIине бокьарас гьелъул чахьалда тIад кверги лъун абе: «Гьаб лъимер бихьинаб лъугьани, дица гьалда цIар МухIаммад абун тела», - ян. Цинги гьесие лъимер, ай вас гьавила», - ян.

Цогидаб риваяталда буго лъимер ясалъул жинсалъул букIун батаниги, гьедин гьабурасул лъимер Аллагьас ﷻ бихьинаблъун сверизабулин абун. Гьаб хIадис бицаразда гьоркьор рукIазул цояс бицун буго, хъизан лъимер гьабизе йигеб мехалъ жинца гьедин гьабунин ва анкьго нухалъ тIатIала жиндие васалги гьарунин абун.

ХIадисалда буго, гьарурал васал чIаго хутIулел гьечIев инсуца, БетIергьан Аллагьасе ﷻ рагIи кьуни цоги нухалъ вас гьавуни гьесда аварагасул ﷺ цIар лъелин абун, цинги вас гьавидал гьеб цIарги лъуни, гьесул вас чIаго хутIилин абун.

Аварагасул ﷺ цIар жидеда лъурал чагIазе дунялалъул рокъоб гуребги ахираталдаги буго гьелдаса кумек. Имам Маликица бицун буго, жинда рагIанила Мадинаялъул гIадамаз абулеб, цониги хъизан гьечIин жидер гьаниб МухIаммад абураб цIар рокъор ругезда лъурал, баракат бугеллъун ва гьарзаго рахIматал рещтIараллъун жал рукIун гурониян. Гьаб буго дунялалъул рокъоб Аллагьас ﷻ гьезие гьабураб. Ахираталъул рокъоб бугеб абуни, хIадисазда буго: «Вас гьавурав чияс, дидехун бугеб рокьиялъ ва баракат щвеялъул хьулалда гьесда МухIаммад абураб цIар лъуни, гьев ва гьесул вас Алжаналде ккела», - абун. «Дир БетIергьанас ﷻ абуна: «Жиндир тIадегIанлъиялдалъун гьедула, дур цIар лъурав щив чи вугониги гьев киданиги цIаялъ вухIиларо», - ян абун.

Аллагьас ﷻ щивасе кьеги дин-исламалъул нух цIунун хьвадулеб баракатаб наслу.

 

 

АхIмад Къурбанов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...