Аслияб гьумералде

Сахлъиялъе пайдаяб

Сахлъиялъе пайдаяб

Сахлъиялъе пайдаяб

КIал бухӀизабулеб пилпил (перец) хӀалтӀизабула квен гьабиялъулъ ва дару-сабаб гьабиялъулъ. Гьелъул букӀуна хасаб тӀагӀамги гIуцIиги.

 

Кинаб пайда бугеб багӀараб перецалъул?

Перецалъулъ букӀуна бищун дагьаб нах, 1,5 грамм углеводазул ва 2 грамм белокалъул. Чилиялъул аслиял жал ккола лъим, клетчатка ва моносахаридал. ГӀемерал витаминал ва минералал руго гьелда гъорлъ: А, В группаялъул, С, Е, К ва РР, калий, кальций, магний, натрий, фосфор, железо.

Чилиялъ гӀемераб пайда кьезе бегьула - гӀадада гуро машгьурал шеф-поваразе гьеб жидерго кванилъе жубазе бокьулеб. БагӀараб перецалъулъ руго эндорфинал - «талихӀалъул гормонал». Гьел руго, гьеб продукт цӀидасанги кваназе бокьизабулеб жо, кигIан кьогӀаб ва бухIулеб букӀаниги.

Чилиялъ кваназе бокьизабула, лъикIлъизабула бидул хьвади, хӀалтӀизабула метаболизм, гIадалнахул хIаракатчилъи цIикIкIинабула, бидул тӀадецуй гӀодобе ккезабула, стрессалде дандечӀей цӀикӀкӀинабула чорхол, иммунияб система щула гьабула. Гьелде тӀадеги, гӀалимзабаз рикӀкӀунеб буго чилиялъ инсанасул гӀумруялъул халалъиги цӀикӀкӀинабизе кумек гьабулин.

Чилиялъулъ бугеб кверцетиналъ хехлъизабула катехиназул гъорлъе лъугьин, гьелги ккола бидурихьал «квешаб» холестериналдаса цӀунулел жал. Гьел ратизе бегьула бецӀаб шоколадалда жанирги.

Чилиялъул экстракталъ квербакъула чорхолъ бугеб беэнлъи бихIинабизе ва метаболизм цӀикӀкӀинабизе. Гьелъул аслуялда гьарула перцалъул пластырал, радикулиталъул мазь ва целлюлиталде данде къеркьолел кремал. Гьелде тӀадеги, капсаициналъ бетӀералъул тӀомода би хьвадизе кумек гьабула ва рас бижи хехлъизабула.

 

Иммунитеталъе пайда

Чили перец буго С витаминалдалъун бечедаб. С витаминалъ кумек гьабула инфекциязда данде къеркьезе ва бидул хъахӀал эритроцитал рахинариялъе. Гьединго перецалда гъорлъ руго капсаицин гӀадал антиоксидантал, гьез клеткаби цӀунизе бегьула эркенал радикалаз гьабулеб заралалдаса.

Гьединго капсаициналъул руго воспалениялде ва микробазде данде къеркьолел хаслъаби, гьез кумек гьабизе бегьула чорхолъ бугеб воспаление дагьлъизабизе ва иммунияб жаваб кьей цIунизе. Гьелде тӀадеги, капсаицин сабаблъун багӀараб перецалъ хинлъизабулеб асар кьола - гьеб данде ккола квачараб заманалда.

 

Депрессиялъул унтаби ккеялдаса цӀуни

Капсаициналъ кумек гьабизе бегьула серотониналъул даража цӀикӀкӀинабизе, гьеб ккола гӀаммаб къагӀидаялъ лъикӀаб хьвада-чӀвадиялъул жаваб кьолеб гормон. Гьелъ кумек гьабула депрессиялде ва ургъелалде данде къеркьезе.

 

Перецалдаса букIине рес бугеб зарал

Чилиялъул, щаклъи гьечӀого, сахлъиялъе гӀемераб пайда букӀуна, амма кӀочон тоге гьелъ сахлъиялъе квешаб асарги гьабизе бегьулеблъи.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Аварагасул ﷺ сира

Кинаб илагьияб хIикмат букIараб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?   Маккаялдаса Мадинаялде Аварагас ﷺ гьижра гьабиялъул хIикматаздасан ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, гьезги дин цIунизе гIоло, ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе...


ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

Унти буго Аллагьасул ﷻ рахIматазул цояб, гьелъ загьир гьабула инсанасул загIиплъи ва хIалкIвей гьечIолъи. Унти рикIкIуна гIицIго черхалъул къварилъилъун гуребги, иман щула гьабизе бачIараб хIалбихьилъунги мунагьал чурулеб алатлъунги. ХIадисалда бицараб кинниги, унтараб мехалъ сабру гьабиялъ...


Лъадул хIакъ цIунизе ккола

Хъизан ккола Аллагьас инсанасе кьурал бищун кIудиял нигIматазул цояб. Исламалъ хасаб кIвар кьола ригьин гьабиялде. Ригьин гьаби рикIкIуна жамгIияб гIадатлъун гуребги, гIибадатлъунги, гьелдалъун цIунула иманги, яхIги, насаб халат бахъинабиги.   Хасго ригьин гьабизе лъикIазул цояб ккола шаввал...


Нужее баяналъе

  Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив? – НухI авараг. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе? – Дунял гъанкъана. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул...


ГIинкъал гIадамалги кIочон толаро

ГӀинкъазул ва гIинда бакIазул ТӀолгороссиялъул жамгӀияталъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул вакилзаби, гьелъул председатель АсхӀаб Госенакаевасул бетӀерлъиялда гъоркь, щвана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гьалбадерица ракӀ-ракӀалъулаб баркала...