Аслияб гьумералде

Цо-цо суалазе мухIканлъаби

«Аллагь нужер чурхдузде балагьуларо, ракIазде балагьула»

Цо-цо суалазе мухIканлъаби

Цо-цо масъалаби рукIуна гIадамазда ричIчIуларел. Гьелъин гьединаз жидерго пикруялда хIукму къотIунги батулеб.

Цо-цояз абула тIарикъат босарал гIадамазги мунагьал гьарулин ва гьеб мехалъ гьелъул пайда щибилан?

Кинавниги чи сахлъулев гьечIин, цо-цоял холел ругинги абун, больницаби къалеб гIадат гьечIо. Гьединго тIарикъаталде лъугьаравщинав чиги мунагьаздаса цIунуларо. Мунагь лъугьунгутIиги аварагзабазда хасаб жо буго. Муридзабазул мунагьал ккеялдалъун тIарикъат хIажатаб жо гуреблъиги чIезабуларо. ТIарикъаталъул пайда щвечIого хутIуларо, гьелда ракIги чIун устарасухъе арав чиясе. ТIарикъаталъ гIемерал гIадамал чIахIиял мунагьаздаса цIунула, киналго чIахIиял мунагьаздаса цIуничIезулги мунагьал дагь гьарула.

Мунагьал дагьлъизаричIел гIадамазулги, гьезул квешлъабазда данде Къиямасеб къоялъ цIадирабазда лъазе Аллагь рехсей, Аварагасде свалат битIи, истигъфар-тавбу гьаби, лъикIал гIадамал рокьи гIадал гIамалазул цонигияб цIадирабазда мунагьаздаса цIикIкIани, гьев чи жужахIалдаса хвасарлъула. Киналго мунагьалгун вачIиналдаса къиямасеб къоялъ мунагьалгун цадахъ лъикIал гIамалалгун вачIин гIемерго лъикIаб буго. ТIарикъаталъул пайда, кин щунги, щвечIого хутIуларо.

Тасаввуфалъул агьлуялъ «Аллагь», «Аллагь» абун зикру бачиналъе далил бугищ?

Гьелъие далил буго Къуръанги хIадисги. Къуръаналда буго кIигониги аят гьелъие хIужалъун чIолеб. Гьезул буго гьадинаб магIна: «Дуца дурго БетIергьанасул цIар рехсе, мун тIубанго Гьесие гIибадат-тIагIат гьабиялдеги вусса», - ян. «Аллагь» Гьесул бищун хасаб цIар ккола, Гьесул 99 цIаралъул магIна жанибе бачараб. Гьединлъидал Аллагь рехсеян Къуръаналъ амру гьабула.

РакIалъ зикру бачиналъе далил бугищ?

Гьелъие цIакъго гIемерал далилал руго. Щайин абуни, хIадисалда буго: «Аллагь нужер чурхдузде балагьуларо, ракIазде балагьула», - ян. РакI лъикIлъани, цогидаб черх лъикIлъулинги хIадис буго. Къуръаналдаги буго: «Мун гъапулал гIадамаздасан вукIунге», - ян абураб магIнаялъул аят. Гьебго аяталъул байбихьиялъул буго гьадинаб магIна: «Дуца дур БетIергьан рехсе дудаго жанив», - абураб.

Зикруялъул рагIул магIна ккола ракIалде щвей абураб. Аллагь ракIалде щвезе бегьиларилан абулев ккола исламалдаса вахъарав чи. Имам Нававияс хъвалеб буго: «Зикру ракIалъги мацIалъги гьабураб бищун хирияб буго, амма цоялда къокълъулев вугони, ракIалъ гьабураб зикру мацIалъ гьабуралдаса хирияб буго», - абун.

Гьелдасанги бихьула ракIалъул зикру, гIицIго бегьи гуребги, мацIалъул зикруялдасацин хирияб букIин.

АрслангIали ГIумаров

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...