Аслияб гьумералде

Гьобол цеве гьави

Гьобол цеве гьави

Гьаб къиса буго кIиго асхIабасул хIакъалъулъ, гьез жидерго лъимал-хъизаналдасаги цере гьарун рокъоре рачIарал гьалбал кIодо гьари ва унго-унгояб куцалда исламалда цоцаздехун бугеб вацлъи бихьизаби.

 

Гьижра гьабун Маккаялдаса Мадиналде рачIун хадуб заманалъ Бичасул Аварагас ﷺ мугьажираздаги ансарияздаги гьоркьоб вацлъи рагIизабун букIана. Гьелъул хIасилалда ансараз мугьажирзабазе бикьулаан жидерго бугеб мал-мулк, рукъ-бакI, хIатта абулаан мугьажирзабазе руччаби рачинеги ансарияз кумек гьабунин.

Цо къоялъ Абу ТIалхIа ал-Ансариясухъе вачIун вуго гьобол. Абу ТIалхIа вукIана бищунго сахаватал ансаразул цояв. Гьесул букIана гIемераб бечелъи, рукIана пихъ кьолел ахал. Амма гьеб къоялъ гьесул рокъоб букIун гьечIо дагьаб гурони квен. Гьеб сордоялъ Абу ТIалхIаца жиндирго лъади Умму Сулайманида абун буго гьоболасда цебе лъейин бугеб квен, лъималги, гьобол инегIан, кьижизе ритIеян. Лъимал ракъун рукIин гьалбадерида халлъичIого букIине.

Гьеб букIана захIматаб ахIвал-хIал, амма гьез тIаса бищана гьобол кваназави, гьесдехун ругел хIукъукъал берцинго тIуразари.

Цо-цо риваятазда рехсолеб буго гьобол вукIанин сапаралда вугев мусафир, квенго гIадин сордо базе бакIги хIажат букIарав.

Гьебго сордоялъ, гьесул мадугьал, Аварагасул ﷺ бищун гIагарав гьудул Абубакар-Сиддикъихъеги гьоболлъухъ вачIун вуго пуланав чи. Гьесул рокъобги лъугьун буго Абу ТIалхIал рокъобгогIадаб ахIвал-хIал.

Хадусеб къоялъ лъугьун буго жеги гIажаибаб.

Абу ТIалхIа щола Аварагасухъе ва бицуна гьесда ﷺ нолъ-къаси ккараб жоялъул ва дагьаб гурони квен букIинчIолъи сабаблъун гьоболасда цеве жив нечараб куцалъул. Гьесухъги гIенеккун Аварагас ﷺ абула: «Дун хIикмалъун вуго дудаги гьоболасдаги гьоркьоб ккараб жоялдаса», - ян. Аллагьас ﷻ гьесул гIамалалда баракат лъун бугеб куц абураб магIнаялда.

Гьеб заманалда тIаде вачIуна Абубакар-асхIаб. Цинги гьесги бицуна жиндирго рокъоб ккаралъул.

КIиясулго хабар гIажаибго релълъараб куцалда лъугьун буго, гьебги ккана кIиявго асхIабасул ракIбацIцIалъиялъе ва тIадегIанаб даражаялъе хIужалъун. Гьез цеве гьавуна жидедасаго ва лъимал-хъизаналдаса рокъове вачIарав. Гьебги лъугьана иргадулаб нухалъги асхIабзабазе Къуръаналда гьабураб сипаталъе баянлъун (магIна): «Гьез жидедасаго цебе цогидазе тIокIлъи гьабула (гьел тIаса рищула), жалго къварилъиялда (гьелде хIажаталлъун) ругониги», - ян абураб (суратул «ХIашр», 9 аят).

Гьеб къиса гIицIго тарихияб хIужа гуро букIараб. Гьеб лъугьана гьезул хьвада-чIвадиялъул мисаллъун, инсанасул ракI иманалъул, сахаватлъиялъул ва цоцаздехун бугеб рокьул ракI цIураб мехалъ бажарулеб рухIияб тIадегIанлъи бихьизабилъун.

Аллагьас ﷻ гьединаб иман, цоцаздехун вацлъи щула гьабеги киназулъго! Амин!

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...