Аслияб гьумералде

ХIарамалъул ракь

ХIарамалъул ракь

ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.

 

Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб баракатги. Гьебги Ибрагьим аварагасул дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабиялъул баракаталдалъун буго.

Ислам бачIиналде цебеги Маккаялъул мушрикиназ ХIарамалъул ракьалда чIарав чиясе щибго зарал гьабулеб букIинчIо, хIатта жиндирго эмен чIварав чи вугонигицин. Гьез абулеб букIана: «КагIба буго Аллагьасул рукъ, гьенир чIаралги Аллагьасул агьлу буго», - ян. ГIалимзабаз абулеб буго: «Аллагьас Макка хIарамлъун гьабун букIанин Ибрагьим аварагас дугIа гьабилалдего», - ян. Гьелъие гьез далиллъун бачунеб буго жинда свалат-салам лъеяв Аварагасул рагIи: «ХIакълъунго, Аллагьас Макка хIарамлъун гьабун букIана, зобал-ракьал рижараб къоялъ», - абураб. ХIакъикъаталдаги, Аллагьас ﷻ Макка хIарамлъун гьабун буго хирияв аварагас ﷺ абухъе, зоб-ракь бижараб къоялъ. Амма гьеб хIарамлъун гьаби БетIергьанас цониги аварагасе загьир гьабичIо, жинцаго цIунараблъун букIана. Цинги, БетIергьан Аллагьасда ﷻ Ибрагьим аварагас гьарана, гьаб бакI хIарамлъун букIин, Дурго лагъзадерие дир мацIалдалъун загьир гьабеян. БетIергьанас Ибрагьимил гьариги къабул гьабуна. Гьелдаса нахъе гьеб бакI хIарамлъун букIинги загьирлъана.

Макка хIарамлъун гьаби абураб рагIиялъул магIна ккола: жиндилъ чан гьабизе, гъветI-гIаркьел бекизе, чIахI-хер тIезе, жаниб рагъ гьабизе Аллагьас ﷻ хIарамлъун гьаби.

ХIакимица бицараб хIадисалда абун буго: «ХIарамалъул ракьалда гьабураб лъикIаб гIамал, ТIадегIанав Аллагьас нусазариде бахинабула», - ян. Жеги абун буго: «Масжидул ХIарамалда бараб как, цогидал мажгитазда баралдаса нусазарго нухалъ хирияб буго», - абун (Бухари). Гьарурал лъикIал гIамалазухъ кири цIикIкIинабулеб гIадин, квешал гIамалазухъги цIикIкIуна гьениб мунагь. Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIабас абулеб букIана: «Маккаялда цо гъалатI ккеялдаса, цогидаб бакIалда 70 гъалатI ккезе бокьила дие», - ян.

 

ГIабас МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...