Аслияб гьумералде

Чакаралъул къадар

Чакаралъул къадар

Чакаралъул къадар кинаб букIине кколеб?

 

Бидулъ букIунеб чакаралъ кIудияб бакI ккола инсанасул чорхолъ. Глюкозаялъул даража низамалде бачуна цIекIгьаналъ къватIибе кьолеб инсулиналъ. Чорхолъ гIураб къадаралда инсулин гьечIони яги клеткабаз гьелъие лъикIаб жаваб кьолеб гьечIони, бидулъ чакаралъул къадар борхизабизе бегьула.

Бидулъ чакаралъул къадар, мачIикьго борцани, гIадатияб къагIидаялъ букIуна 110 мг/дл-ялдаса дагьаб. Кванан хадуб жеги цIикIкIине бегьула, амма норма 180 мг/дл-ялдаса гъоркьехун букIуна. Гьединго гликированияб гемоглобиналъул (HbA1c) тестги гьабула, гьелдалъун бихьула ахирисеб лъабго моцIида жаниб бидулъ чакаралъул гьоркьохъеб даража. ГIадатияб къадарлъун рикIкIуна 4 проценталдаса 5,6 проценталде щвезегIан.

Бидулъ чакар цIикIкIиналъул аслиял гIаламаталлъун ккола гIемер къечей, гIемер кIушудизе гьари, свак, канлъи дагьлъи, ругънал хIалихъего сахлъи. Чакаралъул унти ккечIого букIине ккани, кваназе ккола сахлъиялъе пайдаяб квен, цIунизе ккола чорхол хIерх ва гьоркьоса къотIичIого халгьабизе ине ккола медицинаялъул идарабазде.

 

Хайрула Абакаров

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...