Аслияб гьумералде

ГьацIудаса закагIат...

ГьацIудаса закагIат...

ХIанафиябги ХIанбалиябги мазгьабалда абулеб буго 1/10 бутIа гьабун гьацIул закагIат бахъизе кколин. Амма гьеб кIиябго мазгьабалъул кигIан къадаралде щведал бахъизе кколебали батIи-батIияб баян буго. ХIанбалияб мазгьабалда рекъон, гьелъул къадар бахуна 75 кг. ГьацIудаса закагIат бахъиялъе гьез далиллъун бачана тарихияб хIужа. Йеменалъул агьлуялъ ГIумар ибну ХатIтIабида гьацIудаса закагIат бахъиялъул суал цIехола. Халифас гьезие жаваб кьола нужеца 75 килограммалдаса 1/10 бутIа бахъизе кколин абун.

 

Имам Абу ХIанифица абуна гьацIул закагIат бахъизе кколин 1/10 бутIа, кигIан къадар гьелъул бугониги. ХIанафияб мазгьабалъул Абу Юсуфица абуна, гьацIул къадар 720 кг бахани бахъизе кколин абун.

ГьоцIоялдаса закагIат бахъизе кколин абулел гIалимзабазул далилал ккола гьал хIадисал:

  1. ИбнуМажагьица, ГIабдуллагьибнуГIамридасанбицана, Аварагас гьоцIоялъул закагIат бакIаранин 1/10 бутIа.
  2. Байгьакъияс, Абу Гьурайратидасан бицана: «АварагасﷺЙеменалъулагьлуялдекагъатхъвана, гьезгьацIудаса 1/10 бутIабахъе (закагIат)», - ян.
  3. ИбнуХузайматицахIадисбицана, Бану Шаббаб абураб къапилаялъ аварагасе ﷺ гьацIудаса 1/10 бутIа бахъулеб букIанин абун. Аварагас ﷺ гьезие къотIи гьабулаан гьезул наял ругеб бакI цIунизе.

Маликияб ва ШафигIияб мазгьабалда абула гьацIудаса закагIат бахъизе кколарин, даран-базар гьабураб мехалъ хутIун. Даран-базар гьелдаса гьабуни, бокьараб къайиялдаса закагIат бахъулебго гIадин, гьелдасаги бахъизе ккола. КIиябго мазгьабалъул гIалимзабаз чIванкъотIарал далилал рачинчIо гьацIудаса закагIат бахъизе кколин абун. Гьеб пикруялда рукIана Имам Бухари, Ибну Мунзир ва гьел гурел цогидалги гIалимзаби.

ЧIванкъотIараб далиллъун ккола гьацIудаса закагIат бахъизе кколин абуразул Ибну Хузайматица бицараб хIадис.

Кинниги ШафигIияб ва Маликияб мазгьабалъул гIалимзабаз абуна гьелъ гьацIудаса закагIат бахъи кьоларин. Рес буго гьез гьоцIо кьолеб букIин наял ругеб бакI цIуниялъе. Гьеб пикру тарихияб хIужаялъ щула гьабула, гьел чагIи халифлъун вугев мехалъ ГIумар-асхIабасухъе рачIуна, аварагасулгун ﷺ гьезул букIараб къотIиги гьесда бицуна. ГIумар-асхIабас абуна Суфьян ибну ГIабдуллагьида аварагасе ﷺ кьолебгIанасеб къадар гьез кьолеб батани, цIуне гьезул бакIалилан. Кьолеб букIинчIебани, ГIумар-асхIабас гьезул бакIал цIунизе рукIинчIо.

Аварагасе ﷺ кьолеб жо закагIатлъун букIарабани, ГIумар-асхIабас жиндирго хIалтIухъанасда амру гьабизе букIана гьезухъа закагIат бахъизе, ай къотIи гьабичIого.

Шамил мухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...