Аслияб гьумералде

Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.

 

Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужер БетIергьанас ﷻ хIукму гьабураб буго нужеца Жиндие ﷻ гурони гIибадат гьабунгутIизе ва нужерго эбел-инсуе лъикIлъиги гьабизе», - абун (сура «Ал-Исраъ», 23 аят). ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндиего гIибадатги эбел-инсуе мутIигIлъиги цо аяталда жаниб рехсеялъ бицуна исламалъ эбел-инсул кигIан адаб-хIурмат гьабиялъе кIвар кьолеб букIиналъ. Гьеб гуребги, эбел-инсуе щукру гьаби бухьараб буго живго БетIергьанасе ﷻ щукру гьабиялдаги. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Дие ва дурго эбел-инсуе щукру гьабе», - ян абун (суратул «Лукъман», I4 аят).

 

Эбел-инсул разилъи – Аллагь ﷻ разилъи

Эбел-инсул адаб гьабиялъул кIвар Аварагас ﷺ гIемерал хIадисазда баян гьабуна. Гьес рехсана: «Аллагь ﷻ разилъи эбел-эмен разилъиялда буго, Аллагьасул ﷻ ццин бахъинги гьезул ццин бахъиналда буго», - абун (Тирмизи).

Гьединго Аллагьасул Расулас ﷺ бицана эбел-эмен жиндаса разилъарав чиясе Алжаналъул каваби рагьизе рукIин, гьел жиндаса рази гьечIев чиясе жужахIалъулалги рагьулел рукIиналде.

 

Эбелалъе хасаб хъулухъ

Улбузул абуни, гьез жеги хасаб бакI ккола адаб ва къимат жидее гьабиялъулъ. Цо нухалъ Аварагасухъе ﷺ вачIун вуго цояв ва гьикъун буго: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, гIадамазда гьоркьоса нижеца бищунго кIудияб хIурмат лъие гьабизе кколеб?», - абун. Аварагас ﷺ жаваб кьола: «Дур эбелалъе», - ян. Гьев чияс кIиабизе ва лъабабизе суал такрар гьабидалги Аварагас ﷺ абуна «Дурго эбелалъе», - абун. Цинги ункъабилеб нухалъ цIехедал абуна: «Дур инсуе», - абун.

Лъималаз жидедехун гьабулелъулъ эбел-инсулъ гьей цIикIкIун лъикIлъи гьабиялъе мустахIикъай йиго. Щайгурелъул гьелъ лъимер кIудияб захIмалъиги хIехьон моцIаз чохьониб баччула, жегиги цIикIараб унтиги хIехьон лъимер гьабула, хадуб гьеб кIодолъизегIан ургъел тIалабги гьабун гIезабула.

 

Кинаб бербалагьи гьабилеб гьездехун?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ мухIканал тIадкъаял кьуна эбел-инсуе кин хъулухъ гьабизе кколебали бицун, хасго гьел херлъараб мехалъ. Хирияб Къуръаналда абуна (магIна): «…Гьезул цоял яги кIиялго дуда аскIор санаде рахараб мехалъ дуца гьездехун «уф» абураб рагIицин абуге, дуца гьездехун берцинаб хIеренаб рагIи абе», - абун (сура «Ал-Исраъ», аят 23.

Имам КъуртIубияс жиндирго тафсиралда рехсолеб буго: «Уф» абураб рагIиялдаса жеги гьитIинаб рагIи букIарабани, Аллагьас ﷻ гьебги рехсезе букIана», - абун. Гьелъ бихьизабула бусурбанчияс эбел-инсулгун гьоркьоблъи гьабулеб мехалъ, ццим бахъин яги гьаракь борхиялъул хIалалдасаги цIунун кигIан цIодораб ва адаб-хIурматалъулаб бербалагьи гьездехун гьабизе кколебали.

Гьелъ, диналъул тIалабазда рекъон, гьитIинабго разилъи гьечIолъи загьир гьабизе бегьуларо лъималаз. Цинги хадусеб аяталда абулебги буго Аллагьас ﷻ гьезда гурхIизе ва дугIа гьабизе ккеялъул: «Дун гьитIинаб мехалъ гьез дие тарбия гьабун гIезавурав кинниги Мун БетIергьан ﷻ гьезда гурхIа», - абун (сура «Ал-Исраъ», 24 аят).

 

АхIмад Къурбанов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Щал кколелали бихьизабуна

Нилъер диналда жаниб кутакаб бакI кколеблъун буго аманат, божилъи гьабураб тIубазаби, ритIухълъи цIуни абураб иш. Гьебги гIицIго гьабулеб гIадатияб ишалда хурхин гуреб, муъминчиясул гIумруялъул Аллагьасулгун ﷻ жиндир бугеб гьоркьоблъиялдаса байбихьун ва хIатта хIайваназул ургъел гьабиялде щвезегIан...


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...