Аслияб гьумералде

ХIайваназул хIикмалъи

ХIайваназул хIикмалъи

РухIчIаголъабазул дунял буго цIакъ гIажаибаб ва гIадамазеги гъира букIуна гьелъул хIакъалъулъ лъазе. Масала, богомол абураб хIутI-хъумуралъул гIин букIуна махIабазда гьоркьоб. Осьминогалда букIунаро гIин. Кутузда бецIлъудаги бихьула. Дунял бецIлъидал гьезул ясбер 14 милимметралъ кIодолъулеб буго.

Чоца бетIер борхидал, гьелда сверухъ бугебщинаб жо бихьула, гIодобе биччайдал - бащдаб гурони бихьуларо.

Гриф абураб хIанчIида гIункIкIцин бихьула щуго километралъул манзилалдасан.

БетIергьан жиндаго гурхIизелъун гьвеца унтараб ххвел гьабула.

ГIужрукъалъ борхьалги кванала. Гьезул загьруялъ гьезие заралги гьабуларо.

Лама абураб хIайваналда гьечIо малъал.

Пингвиназда кIола цIамхIалаб лъим гьекъезе. Гьезул черхалъ къваригIел гьечIеб цIам къватIибе кьабула.

Кутузда кIола 180 градусалъ гIундул сверизаризе, сверухъ бугеб жо рагIизелъун.

Кутул, гIемерисеб заманалда, кьижун рукIуна.

ХъахIилаб киталъул ракI буго машинагIанасеб кIодолъиялъул. Гьеб кьабгIула минуталда жаниб ичIго нухалда.

Осьминогалъул кIиго хIетIе гурони гьечIо. ХутIарал жал кверазул бакIалда чIола. Гьел тIуни, цIидасан рижула.

Страусалда бекеризе кIола сагIаталда жаниб 70 километрги нахъа тун.

Ци гIадамазда тIад къанагIат гурони речIчIуларо, гьебги хIинкъи бугеб мехалъ.

ГIужрукъ къасимехалъ къватIибе бахъуна квен балагьизе. Къад къоялъ гьеб кьижула. Гьеб, царадаса гурони хIинкъуларо. Хасало кьижунги букIуна.

Жирафал рикIкIуна бищун рорхатал хIайваналлъун.

ГъалбацI, гIемерисеб мехалда, кьижун букIуна. Чан гьабизеги бакъидал гурони къватIибе бахъунаро.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...