Аслияб гьумералде

Лугбазул мунагьал чури

Лугбазул мунагьал чури

Лугбазул мунагьал чури

Какичуриялда вукIин цIакъ беццараб иш буго. ГIалимзабаз хIаракат бахъулаан какичури гьечIого гIелмуялъул тIахьал кодоре росичIого тезе.

Цо гIалимчи вукIун вуго къаси мехалда гIелму цIалулев. ТIехь цIалулеб мехалъ гIемер хIажатханалде ине ккун, щибаб нухалъ какие чурулебги букIун буго. Гьеб сордоялъ гьес анцIила анкьгоялдасаги цIикIкIун нухалъ чурун буго какие. Балагьеха гIалимзабаз кинаб куцалда адаб-хIурмат гьабулеб букIарабали диналъул.

Какичуриялда вукIиналъул гIемераб кири щолин абун рехсон буго. Гьединго гьелъ чиясул ризкъи-гIатIилъи цIикIкIинабула ва беркIалалдаса, сихIруялдаса цIунула. Гьеб буго нилъер аварагас гIемер тIадчIей гьабулеб букIарабги. Какичури гьечIого лъикIаб гьечIо лъим гьекъезе ва кваназе.

Аварагасул хIадисалда буго: «РагIа-ракьанде щун какиеги чурун кIиго ракагIат бани, дунялалъул ургъел гьабичIого, мунагьаздаса вацIцIалъула эбелалъ гьавураб къоялъ гIадин». (Абу Давуд).

ГIумар асхIабас абулаан: «МухIканго (киналниги суннаталги тIуран) чурараб какичуриялъ шайтIан рикIкIад чIезабула», - ян.

Имам Маликица «МуватIаялда» рехсараб хIадисалда буго: «Какичурулеб мехалъ кIал хулидал, гьениса къватIире рачIуна мунагьал. МегIер хулулеб мехалъ, гьенисаги рачIуна мунагьал. Гьумер чурулеб мехалъ, гьениса нахъе уна мунагьал, кьунсруда гьоркь ратанигицин. Кверал чурулеб мехалъ малъазда гъоркь ругел мунагьал къватIире рачIуна. БотIрода масхIу гьабулаго, гьенисаги нахъе уна мунагьал. ХIатIал чурулаго, малъазда гъоркь ругел мунагьалги нахъе уна. Гьев мажгиталде индал, бараб как гьесие цIикIкIун кири бугеблъун лъугьуна».

Гьединго хIадисалда буго: «МухIканго какичурун хадуб, зодореги ралагьун, гьал рагIаби цIалани: «Ашгьаду алла илагьа иллаллагьу ваашгьаду анна МухIаммадан гIабдугьу ва расулугьу», - гьесие рагьула микьабго алжаналъул нуцIби ва жиндие бокьаралдаса жанивеги уна». (Имам АхIмад).

Какие чури гьечIого гьабизе хIарамлъула:

  1. КагIбаялда сверун тIаваф гьаби.
  2. Къуръаналда хъвай.
  3. Гьеб баччи. Амма къайи-матахIгун цадахъ гьеб нияталда баччулеб батани, бегьула.

Какие чурулеб мехалъ кинаб пайда нилъеца босизе кколеб? Лъазе ккола какие чурулагоги щибаб лагаялъе гьабизе бихьизабураб ният букIин.

Имам Байзавияс абуна: «Какие чурулев чиясе беццараб буго кверал чурулаго ният гьабизе ТIадегIанав Аллагьасдасан рикIкIад гьабулебщинаб жо босичIого тезелъун ва гьединго гьел ритIичIого тезе Аллагьасдаса машгъул гьабулебщинаб бакIалде.

КIал хулулеб мехалъ ният гьабила чорокаб жо абиялдаса кIал бацIцIалъизелъун. МагIазукъалал хулулеб мехалъ ният гьабила рокьукъал махIал къватIире рачIинелъунилан абун.

Рас бикьизабулеб мехалъ ният гьабила гьалаг гьавулеб жоялдаса цIунизелъунин абун ва живго кIодо вихьиялдаса намуслъила. Гьумер чурулаго ният гьабила гьаваялъул жалазде вуссиналдаса ва машгьурлъи тIалаб гьабиялдаса. Гьединго ТIадегIанав Аллагь гуресдаса хIинкъиялдаса.

МегIер чурулаго ният гьабила чIухIиялдаса вацIцIалъизелъун. Берал чурулаго ният гьабила Аллагьасе бокьулареб жоялде балагьиялдаса.

БотIрода масхIу гьабулаго бетIерлъи бокьиялдаса цIунизейин абун ният гьабила. ХIатIал чурулаго гьаваялда нахъвилълъиналдаса ва шаригIаталда данде кколарел жалазде иналдаса цIунизе ният гьабила.

Гьедин ният гьабиялъ чиясул черх бацIцIалъун букIуна Аллагьасда цеве чIолеб мехалъ.

БАЯН ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...