Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

ГIалхул цIцIе

 

МугIрузулаб (гIалхул) цIцIе буго гIажа-ибго гIумру тIамулеб хIайван. Гьеб буго къуватал ччорбазул, кьварарал щанкIлазул кумекалдалъун гIор-хъолъа арал мугIрузул шартIазда гIумру гьабизе бажарулеб рухIчIаголъи. Гьезул рукIуна чIахIиял хIатIал, кIичIарал лълъурдул, гIебаб мегеж, къокъаб рачIчI, тIомол кьер хисула гIуж бихьун.

 

Аслиял гIаламатал

Хар-хадизе махщел: тириго рахуна цIвакарал кьурабазде, рахиналъе кумек гьабула щулиял хIатIищанкIлаз, гьел ганчIазда рекIун чIола. 

ГIумру гьабула: 5-6 азарго метралъул рорхатал мугIрузда, щвезе захIматал бакIазда, кьурул рагIаллъабазда, кIкIал-хъитIазда. Хасало рохьоре яги парсахъе рачIуна.

Расул кьер: риидал букIуна багIараб-тIулакьераб, хасало - цIахIилаб-тIулакьераб. Кьер хисиялъ кумек гьабула хIинкъи букIиналдаса бахчизе.

Черх: бихьинал чIахIиял рукIуна, 65-ялдаса 100 кгялде щвезегIан.

Лълъурдул: рижула гIумруялъго, гьезул кIодолъиялдасан кIола халлъизе кигIан заман бараб бугебали. Машрикъалъул Кавказалъул цIцIедул лълъурдул руго кьурарал, цоги тайпабазда дандеккун жеги чIахIиял, рихьидал асар гьабулел.

Бажари: лъикI рахуна ва кIанцIула (3,5 метралде щвезегIан), лъедезеги лъала, гIаздада гъоркьанги балагьула квен.

Квен: хасало кванала бакъвараб тIамах ва хъарсула гъутIби, риидал – хер ва гIалхуда рижарал пихъал. Кванала цогидал хIайваназе загьруялги хурдул.

РукIа-рахъин: гIумру гьабула рехъаби ккун, хинал моцIаз гIолохъанал бихьинтайпаби батIа рукIуна. Гьел руго цIакъ цIодорал, кутакалда канлъи бихьулел. 

Гьезие бищун хIинкъи букIуна чанахъабаздасан. Гьел росун руго «БагIараб тIехьалдеги». 

Кьурабазде рахунелъул ва рещтIунелъул гьезда кIола гIажаибаб хехлъиялда ххаризе ва рещтIине. Кьурулъ букIаго гьелде чан гьабизе кIолеб цониги гIалхул хIайванги гьечIо.

Кавказалда гIумру гьабулел рикIкIуна бищунго чIахIияллъун. Бихьиналъул халалъи бахуна 150-165 см, борхалъи - 95-110 см, цIайи - 65-ялдаса 100 кгялде щвезегIан. ЦIуял гьитIинал руго. Лълъурдузул халалъи бахуна 75 см. Чиясул махIги гьезда нус-нус метралдасанго чIвала, вихьизе кIола чанго километралъул рикIкIадасан.

Машгьурал тайпаби: кавказалъулаб, сибиралъулаб – гIумру гьабула Азиялъул мугIрузда, Алтаялдаса байбихьун Гималаязде щвезегIан, Альпиялъул ибекс – дандчIвала Альпазда. Нубиялъул цIцIе буго тайпабазул бищун гьитIинаб, гьеб букIуна Африкаялда ва ГIарабазул бащдаб чIинкIиллъиялда.

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...