Аслияб гьумералде

Лъади лъикIасул динги цIунараб

Лъади лъикIасул динги цIунараб

Машгьураб рагIи буго чIужу лъикIасул бащдаб дин цIунарабин абураб. Росасул бащдаб дин цIунарайлъун йикIин чIужугIаданалъе кIудияб масъала буго. КIудияблъун гьечIогоги гьеб кин букIинеб, дунялалъул рокъой йигебгIан заманалъ гьесул гьабулеб иш баракатго иналъе хIалаеги йикIунелъул, ахираталде щведал жийго алжаналъул агьлулъун лъугьиналъе сабаблъунги гьеб бугелъул.

Аварагас бицун буго дунялалда бугелъул бищун лъикIаб кколин ритIухъай чIужу. Жиндир умматалъул бищун лъикIал руччаби рехсолагоги аварагас абураб буго, гьел ругин жидехъ магьари тIалаб гьабулаго дагьалда къокълъун чIолел ва росазе ракI рагьун сундаго рази рукIунелин.

Руччабазе малъа-хъваял гьарулаго аварагас кутакаб кIвар гьабулаан гьез жидер росал рази рукIунеб гIамал гьабиялде кантIизарун. ХIусайн ибну МихIсан абурав чияс бицун буго, жиндир ункъгIалалъ бицанин гьадин: цо нухалъ пуланаб къваригIелалъ аварагасухъе щведал, гьес дида гьикъана дур рос вугищин абун.

Дица вугин абидал, аварагас цIехана: «Кинаб хIал бугеб нужер кIияздаго гьоркьоб?» - ан. Дица абуна: «Я Аллагьасул расул , дидаса бажарулебщинаб дица гьесие гьабула», - ян. Цинги аварагас абуна: «Киса дуе гьесул макъам? Мун цIодорго йикIа, рос вуго дуе алжанги жужахIги», - ян. (ХIаким)

Гьединги бугелъул, кинаб куцалда бусурбанай чIужугIаданалъ гIумру тIамилебин ва кин гьелъ яшав гьабилебин абураб пикру бачIани, хIисаб гьабе Умму-Саламаца бицараб хIадисалда абулеб бугелъул. Гьелъ бицана аварагас r абунин алжаналде лъугьине йигин дунялалда йигебгIан заманалъ жиндаса рос рази вукIарай чIужугIаданилан.

ГIакъилай чIужугIаданалдаса ккола кинабниги ишалъулъ, ай абулелъулъ, малъулелъулъ, гьабулелъулъ жинда рос витIаравлъун, жиндир бетIергьанлъун, цевехъанлъун вихьулей.

Щайин абуни, сурату «ан-Нисаъалъул» 34 аяталда тIад гьабураб баяналда (тафсир) буго (магIна): «Бихьинал руго руччабазул милат гьабулеллъун, Аллагьас цоял цогидаздаса тIокI гьарун рукIиналъ: гьезие жидер боцIудаса напакъа кьеялъулъ, гьезда амру-нагью гьабиялъулъ ва кинабго гьезие маслахIат бугеб жо гьабиялъулъ.

ЛъикӀал руччаби руго Аллагьасе мутӀигIал, жидер росазеги мутӀигӀлъарал, жидеда тӀад ругел хӀукъукъалги тӀуралел: жидерго напс къабихIаб пишаялдаса цӀунулел, гьезда божилъи гьабураб рукъалъул магӀишатги цӀунулел.

Рослъадуда гьоркьоб бугеб жинсияб ва цогидаб балъголъиги цIунун гьеб къватӀиб бицунарел», - абун (сурату «ан-Нисаъ» 34 аят).

ЛъикIал руччабаздаса кколин абун хIадисалдаги рехсон руго: жидеде ралагьараб мехалъ гьумер битIун рохизе бачIунел, амру гьабуралъе мутIигIлъулел, мун гьечIеб бакIалда дур къартIги боцIи-магIишатги цIунулел руччаби (Абу-Гьурайрат).

ЛъикIай лъадиялъул мисал

ХIасанул Басрияс бицун буго: «Цо нухалъ Маккаялда вукIаго, базаралде щведал, дун ретIел босизейин абун ххам бичулев чиясда цеве лъалхъана. Багьа-тангаги цIехон, даран гьабулев вукIаго, базарган лъугьана дие Аллагьасул цIаралдалъун гьедун, къайи беццизе. Гьесул къайи бецци бихьун дица босизе ракIалда букIарабги жибго тун, пикру гьабуна гьадинасухъа къайи босизе рекъоларин ва цогидасда аскIове ун, гьесухъа босана.

Гьелдаса хадуб чанго сонги ун, хIеж гьабизе цIидасан Маккаялда щвана. Цебесеб нухалъго гIадин хIажатаб босизе базаралде щведал, дандчIвана довго базарган. Гьаб нухалъ абуни дида гьесул къайи беццулеб ва лъикIаб бугин чIезабун Аллагьасдалъун гьеди халлъичIо.

Гьелда хIикмалъарав дица базарганасда цIехана: «Мун гурищ дов цевеги гьанив къайи бичулев вукIарав, бичулагоги Аллагьасул цIаралдалъун гьедун даран билълъинабулев вукIарав чи», - ан. Базарганас абуна дун вугилан.

Дица нахъеги цIехана: «Щиб ккараб жо, сунца мун хисизавурав, гьаб нухалъ дида мун къайи беццулев ва Аллагьасул цIаралдалъун гьедулев вихьулев гьечIо», - ян.

Жаваб гьабун гьес абуна: «Цее йикIарай дир хъизан йикIана, дагьаб гIарац рокъобе бачIани, рази гьечIолъи бихьизабулей. ГIемер щвани, гьебги гIоларого гIамал квешлъулей. Хвел тIаде щун Аллагьас гьей нахъе ячиндал дица цоги лъади ячана.

ЦIияй ячарай йиго гIамал берцинай. Щибаб нухалъ дун къватIиве унелъул, гьелъ дир ратIлил рагIалги ккун абула: «Я пулан, мун Аллагьасукьа хIинкъа, хIалалаб нухалдалъун щваралдалъун гурони дуца нижги кваназаруге.

Дагьаб гурони хайир ккечIого мун вачIаниги, нижеца гьеб гIемераблъун рикIкIина», - ян. ХIисаб гьабе, кинаб бакI кколеб бугебали лъикIай чIужуялъ чиясул гIумруялда жаниб. ГIадада гурелъул абун бугеб хIадисалда, гьаб дунял бугин бихьизабураб заманаялъ хIалтIизабизе кьураб жо, гьаниб бугелъул бищун къиматабги – лъикIай чIужу йигин абун (Муслим).

Аллагьас щивасда дандчIвайги БетIергьанасул динги ккурал, аварагасул малъахъваялги цIунарал, ахираталъул рокъор алжаналъул агьлулъун ругел рос-лъади!

Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...