Аслияб гьумералде

Сабабал хIалтIизари

Сабабал хIалтIизари

Тавакалалъул шартIаздасан кколаро дунялалъул хIалтIи гьабичIого ва унтарас дараби хIалтIизаричIого чIей. Щайгурелъул, цо асхIабас цIехедал жинца варани бухьунищ телеб яги ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ тавакалги тIамун бухьинчIогойищ телебин абун, Аварагас ﷺ абула: «Бухьинеги бухье, тавакалги Аллагьасде ﷻ тIаме», - ян.

 

Гьединго, Аварагас ﷺ абуна: «Унти кьолев Аллагьас ﷻ даруги кьола, гьединлъидал, нужеца дару гьабе», - ян.

Аварагас ﷺ Къуръаналдаса сураби цIалулел рукIана живго цIуниялъе ва сахлъиялъе. Амма Авараг ﷺ сахлъиялъе сураби цӀалиялда къокълъичIо. Гьес сабабал, ай дараби хӀалтӀизарулел рукIана ва гьедин гьабеян амру гьабулаан жиндирго хъизан-агьлуялдегун асхӀабзабазде.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго хIикматалдалъун кинабго жоялъе нухалги сабабалги рихьизарун руго. Нилъер шаригIаталъги сабабал хIалтIизареян абула ва гьел хIалтIизаричIони нилъ ккола Аллагьасул ﷻ хIикматалъул къимат гьабуларел гIадамаллъун. Масала, вакъун вугони, цебе квенги бугони ва дун ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ тавакал тIамун вугилан абун кваначIого чIезе бегьуларо. Щайин абуни, кваница гурони гIорцIуларо. Гьениб кванил асар гьечIо, асар гьабулев чи Аллагь ﷻ вуго. Квен цебе бугониги гьечIониги чи хвезе бегьула. Нилъеда бичIчIизе ккола кванда щибниги бараб жо гьечIеблъи. Унтарас дару гьабулеб мехалъги гьесда лъазе ккола даруялъ гуреб, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ асар гьабулеблъи. Дару буго гIицIго нилъее бихьизабураб сабаб. Кваназе Аллагьас ﷻ квералги къуватги бижана. Гьеб чIамизе цабиги бихIинабизе кванирукъги кьуна. Гьединлъидал тавакал Гьесда букIине ккеларищ.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужеца унго-унгояб куцалда тавакал тIамулеб букIарабани, Аллагьас ﷻ нужее хIанчIазе гIадин ризкъи кьелаан», - ян.

Аллагьасде ﷻ тавакал бугев чияс балагь щваниги сабру гьабула, кьуралда разилъула, зигардуларо, гIадамаздаса хIинкъуларо, гьезде хьул лъоларо, как-диналъе кIанчIанлъи гьабуларо. ШаригIаталъ бихьизабураб куцалда динги дунялги цадахъ бачуна.

 

Шамил  МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...