Аслияб гьумералде

Рукьбузе даруяб

Рукьбузе даруяб

Ежевика (чIаптIи) ккола гIемерал витаминал ва цогидал кIвар бугел жал гъорлъ ругеб пайдаяб тIагIам. Хасго гьеб бечедаб буго С витаминалдалъун. Гьеб витаминалъ иммунияб системаялъе квербакъула, коллаген гIуцIиялде кIвар кьола, железо гъорлъе бачине кумек гьабула, эркенал радикалазул заралияб асаралдаса черхалъул клеткаби цIунула.

 

Гьединго ежевикаялда гъорлъ букIуна би гIадатияб къагIидаялъ бетиялъе ва рукьбузул сахлъиялъе кIвар бугеб К витамин. Гьелде тIадеги, гьелъулъ букIуна иммунияб системаялъул хIалтIуе ва метаболизмаялъе кIвар бугеб марганец.

Ежевикаялда гъорлъ бугеб клетчаткаялъ кумек гьабула холестериналъул даража гIадатияб хIалада чIезабизе, бидулъ чакар дагь-дагьккун цIикIкIинабизе.

Ежевика бечедаб буго антиоксидантаздалъун, гьезда гьоркьор руго антоцианинал ва цогидал цолъаби. Гьез кумек гьабула эркенал радикалазул черхалъул клеткабазе гьабулеб зарал дагьлъизабизе.

ГIадатияб къадаралда ежевика рикIкIуна гIемерисел гIадамазе хIинкъи гьечIеблъун. Амма цо-цо аллергия бугез ва би бетиялъе асар гьабулел дараби гьекъолел гIадамаз гьеб кваназе ккола цIодорго.

 

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...