Аслияб гьумералде

Заралияб хIухьел

Заралияб хIухьел

Ахирал соназда цIакъго машгьурлъун руго электрониял хъалияби. ГIемерлъун руго гьел бухIулелги. ГIадатияб хъалиян тезе кумек гьабулин гьединазилан абураб рекламаялда хадурги ун, хъалиянчерекал машгъуллъулел руго элекрониязде.

 

Гьединал хъалияби къватIире риччалез чIезабулеб буго гьелъ гIадатияб хъалияналъго гIадаб асар гьабулин, амма гьелда гъорлъ заралиял жал дагь ругин абун. ГIемерисел электрониял хъалияби, тIаде балагьун, сигараби яги трубкаби гIадал руго. Цо-цоялин абуни руго хъвадарулел ручкабазда релълъарал. ЦIикIкIараб къадар гьединал сигаретазул рукIуна картриджазул цIатари тIун ялъуни аккумуляторал хисун жал чанго нухалъ хIалтIизаризе бегьулел. ДандчIвала цо нухалда хIалтIизарулелги. Электронияб хъалиян ккола жиндаса никотиналъул доза (къадар) ингаляция гьабун, ай хIухьел цIан щолеб. Электрониял хъалиябазулъ букIуна никотин гъорлъ бугеб лъамалъи. Батарейкаялда хIалтIулеб атомайзералъ гьеб лъамалъи берцинал махIал кьолеб газалде, хIухьладе буссинабула.

Е-сигареталин жидеда абулел гьезул картриджазда букIуна никотин ва ароматикиял веществабазул гIуцIи. ГIемерисел гьел пропиленглюколалъулъ ва растительнияб глицериналъулъ рессун рукIуна. Медицинаялъул ингаляторазул ва небулайзеразул гIуцIиялдаги руго гьел веществаби. Дарабазул тайпабазда ва кванил алатазда хадуб хъаравуллъи кколеб управлениялъги рикIкIунеб буго пропиленглюколь гIаммаб куцалда заралияб гуреблъун ва гьеб GRAS сияхIалде росун руго.

Никотиналъул гъорлъбоси картриджазда нолалдаса 24-36 мг/мл букIуна. Гьел ахирисел тарихал рикIкIуна цIакъго кIудияллъун ва киданиги хIалтIизаруларо хъалиян цIай теялъул мурадалда. Электрониял сигаретаз гIадатияб хъалиян рехун тезе квербакъи гьабулин абураб хабарги буго кьучI гьечIеб.

Абизе ккола, жеги цо чIезабураб стандартги гьечIо Е-сигаретал къватIире риччаялъул рахъалъ. Гьездаса бугеб заралалъулги мухIканаб цIех-рех гьабун гьечIо. Масала, СШАялъул Флорида штаталда цо чиясул сипат хун буго электронияб хъалиян кьвагьиялдалъун.

Гьединго чIезабураб стандарт гьечIо картриджазда жаниб букIунеб лъамалъи гьабиялъул рецептураялъулги. Никотин ва пропиленглюколь хутIун картриджазда жаниб букIунеб лъамалъиялъул цогидабщинаб гIуцIи, гьел хъалияби къватIире риччалезул хIукмуялда рекъон, гьезие бокьухъе рекъезабураб букIуна.

Е-сигаретаз пайдаяб асар кьеялъул статистикиял баянал, хъалиян цIай рехун тезабулеб къагIида гIадинаб гьечIо. Гьединго гьечIо электрониял хъалияби къватIире риччаялъул ва гьезда жаниб букIунеб лъамалъиялъул гIуцIиялъул чIезабураб цо хасаб роцен, къадар.

 

ГIурусалдаса буссинабуна Барият МухIаммадовалъ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...