Аслияб гьумералде

ХIайваназул хIикмалъи

ХIайваназул хIикмалъи

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ дунял бижана хIикматаб къагIидаялъ. Сверухъ бугелъул пикру нилъеца гьабизелъун. Гьеб кинабго жоялъ тIоритIел гьабула Аллагьасул ﷻ къудраталдеги ва Гьев вукIиналдеги. Балагье, чан хIикмалъи бугеб хIайваназда жаниб нилъеда ракIалда ккезего кколареб. Къуръаналдаги дунялалъул гIуцIиялъул ва батIи-батIиял хIайваназул хIакъалъулъ рехсон руго. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIакъилал гIадамал ахIулел руго пикру гьабизе.

Хамелеоналда кIола щибаб бер батIи-батIияб рахъалде багъаризаризе.

Гвангва рикIкIуна бищун лъикIаб ахихъанлъун. Нусазарго гъветI гьеб сабаблъун бижула, гьелда мугь киб лъурабали кIочон теялъ

Пилалъул цаялъул цIайи бахине бегьула 9 килограммалдеги.

Бассенжи абураб гьвеялда кIоларо хIапдезе.

Чода ракIалда жо чIола. Цевего лъалев чи ракIалде щола гьелда, гьединго чанго соналъ цебе гьабун букIараб гьунарги такрар гьабизе кIола.

Коалаялъул килщазул расенал гIадамасулалда релълъарал руго.

Крокодилалда кIоларо мацI къватIибе рехизе.

Катил гIиналда 32 ччобори букIуна.

Креветкалъул ракI ботIрода жаниб букIана.

Беркут абураб цIумалда боржине кIола сагIаталда жаниб 250 километрги нахъа тун.

Вараниялда лъим гьекъечIого чIезе кIола кIиго анкьалъ.

ГарцIалъухъа бажарула жиндирго къаркъалаялдаса къого нухалъ цIикIкIараб манзилалъ кIанцIизе.

ХъахIилал китал рикIкIуна дунялалда бищун кIудиял рухIчIаголъабилъун. Ирландиялда, Исландиялда, Гренландиялда ва Антарктидаялда борхьал гьечIо.

НухрагIункIкIалъ къойида жаниб лъабнусго метр ракьул борлъула.

ГIанкъра къаси мехалъ гвангъула. Инсанасда ругездасаги цIикIкIун рукьби руго гIункIкIазда. Масала, инсанасда 206 ракьа батани, гIонкIкIода буго 260 ракьа.

ЦIунцIраби киданиги кьижуларо. Гьелъул бакIалда гьез къойида жаниб кIиго нухалъ хIухьбахъи гьабула.

ЦIадалхIама (улитка) кьижула лъабго соналъги.

ЦIиркъалъул тIомалда гуребги, черхалдаги руго мухъал.

Жирафалъул кIалъалел рухьенал гьечIо, гьединлъидалин гьелда гьелда щибго гьаракь гьабизеги кIолареб.

Страусалъул бер жиндирго гIадалнахалдасаги кIудияб буго.

Лъел гIункIкIазда (морской котик) кIола лъелъ хIухьел цIачIого кIиго сагIаталъ чIезе.

ГъалбацIил тIинчIалда кIиго сон бачIого ахIдезе кIоларо.

Пасруник абураб ччугIа бищун хехаб ккола. Гьелъ сагIаталда жаниб нахъа тола 115 километр.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...